Олигарх Ринат Ахметовас сепаратистазе магъало кьолеб гьечIо

«Донецкалъул халкъияб республика» ан абураб мухъалъул цевехъан Денис Пушилиница лъазабуна, регионалда приватизация байбихьанин.

Жиндирго Твиттералда Донецкалъул олигарх Ринат АхIмадовса ( Ахметов) лъазабуна, жинца инкар гьабунин гьеб пуланаб Донецкалъул республикаялъул тIалъиялъе магъалаби кьеялдаса. Пушилиница абуна – Киевалъе магъало кьей – гьеб бугин Донбассалда унеб бугеб терроралъе квербакъи.