Россиялъул хиялги ракIалдаги гьечIо Украиналъул территориалияб цолъиялъул гарантия кьезе, щай гурелъул гьадинал тIаде росиял Россиялъул киданиги рукIинчIо, ян абуна премьер-министр Дмитрий Медведевас Bloomberg агентлъиялъе интервью кьолаго.
Медведевасул рагIабазда рекъон аслияб масъалалъун ккола Украиналда паракъалъи тIад чIезабизе.
1994 соналда Будапешталда гьабураб меморандумалда рекъон Украина атомияб гуреб пачалихълъун букIине ккола, ва гьелъухъ Цолъарал Штатаз, КIудияб Британиялъ ва Россиялъ рагIи кьуна Украиналъул суверенитет цIунизе.
Россиялъул хIукуматалъул бетIерас гьединго абуна 25 маялда Украиналда рукIине ругел президентасул рищиязул хIасил Россиялlf къабул гьабизе кIвеларин, щай гурелъул гьеб хIасил киналго гIадамазул бербалагьиялде данде кколеблъун букIиналда ракI чIун гьечIин.