Тегераналъ рикIкIунеб буго гьелъул ядерияб программаялда сверун кIалъа-басаязда икъбал щвезе рес бугин

Ираналъул къватIисел ишазул министр Джавад Зарифица рикIкIунеб буго, Ираналъул ядерияб программаялда хурхун дунялалъул асар кIудияб анлъго улкагун къотIи-къай гьабиялъул рес хутIулеб бугин.

Гьелъул хIакъалъулъ Зарифица хъван буго «Твиттералда».

Гьес гьединги жубалеб буго, гьединаб ресалдаса пайда босичIого тезе бегьуларин. Гьединаб позиция министрас загьир гьабун буго, I5 маялда Венаялда Ираналъул делегациялъул Китаялъул, Россиялъул, Цолъарал Штатазул ва Германиялъул вакилзабазулгун рукIарал кIалъа-басаязда икъбал щун гьечIолъиялда бан. КIалъа-басаял халат рахъине ккола хадусеб моцIалда.

Тегераналъул халкъазда гьоркьосел партнераз Ираналдаса тIалаб гьабулеб буго ядерияб программаялда хурхун гьарулел хIалтIаби дагьлъизари. Гьелъухъ рагIи кьолеб буго халкъазда гьоркьосел санкциязул цоял нахъе рахъизе.

Ираналъул нухмалъи разилъун буго жиндирго ядерияб программаялъе цо-цо гIорхъаби чIезаризе. Гьелъухъ гьанжеялдеги гьел санкциязул захIмалъаби дагьлъизарун руго.