Украиналъул Компартиялъул лидерасде тIаде кIанцIун руго

Теледебатал унеб мехалда Украиналъул Компартиялъул лидер Петр Симоненкоца лъазабуна, улкаялъул президентасул рищиязда жинца инкар гьабулеб бугин кандитатлъиялдасайин. Гьесул рагIабазда, гьес ва Компартиялъул цоги вакилзабаз рикIкIунеб буго, тIоритIизе ракIалда ругел рищиял легитимиял рукIунарин.

Гьелдаго цIадахъ политикас кIвар буссинабуна улкаялда рагъ унеб букIиналде, улка жиндирго территорияздаса махрумлъулеб букIиналде ва Одессаялда, Донецк ва Луганск областазда гражданал стрессалъул хIалалде ккезарун рукIиналде. Симоненкоца лъазабуна гьединго, улка хвасар гьабизе кколин «гьанже загьирлъулеб зулмуялдасайин».

«Интерфаксалъ» лъазабуна, гьел теледебатазда хадуб Симоненкоде тIаде кIанцIанин ва гьесул автомобилалъул цIурдул рекизарунин.

Украиналъул къануназда рекъон, кандидатура бахъиялъул болжал рагIалде бахъана. Гьелда цебе жидерго кандидатураби нахъе ахIун рукIана Наталья Королевскаялъ ва Олег Царевас.

Гьанже Украиналъул президатасул кандидатазул сияхIалда буго 21 цIар.