С.Лефтер: "Сепаратистаз цо-цо ккурал гIадамал чIвана"

Журналист Сергей Лефтер

24 сон барав Сергей Лефтер ккола «Рагьараб диалог» абулеб Польшаялъул фондалъул мухбир. Сепаратистаз гьев ккун вукIана Славянск шагьаралъул шураялъул минаялда. Лефтерица лъабго анкь бана туснахъалда. Гьездаго цадахъ анцI-анцI журналист ва хIаракатчи ккун вукIана. Сергей Лефтерица Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьюялда бицен гьабулеб буго рехсараб хIужаялъул.
Сергей Лефтергун цадахъ ккун рукIана Славянск шагьаралъул мэр Неля Штепа, журналист Ирма Крат, театралъул режиссер Павел Юров, суратчи Денис Грищук.

Лъабго чи сепаратистаз чIвана – гьел кколаан Горловск шагьаралъул шураялъул депутат Владимир Рыбак ва «Кваранаб сектор» абулеб багъа-бачариялъул лъабго гIолохъанав украинияв.

Лефтерица абулеб буго гьел сепаратистаз жив вуххулаан жинца гьабичIеб гIайибалъе хIалица мукIурлъизави мурадалда. ГIаиблъун жинде гIунтIизабун букIанин доб рехсараб «Кваранаб секторалда» хурхен букIин.

Сергей Лефтер: «Байбихьуда гьесул щаклъи ккун букIана дун жасус вукIиналда. Гъозул гьадинаб шаклъи кидаго баккула къватIисан вачIарав щивасда.

Хасго Днепралъул кваранаб рагIаллъиялдаса. Ай, «гьав «Кваранаб секторалъул» гIахьалъчи ватилин, дов – бандеровец вугин, гъов жасус кколин абун.

КIвар кьун доркументазухъ хал-щал гьабулеб буго гьез. Социалиял сайтаздаги хадуб гьез хал кквей гьабулеб буго, щив мун кколевали лъай мурадалда.

Дун ккун вукIана дица телефонияб гара-чIвари гьабулеб мехалда. Доб параялъ дица баян гьабулеб букIана «Рагьараб диалог» абулеб фондалъул координаторсе Славянскалда лъугьа-бахъунелда тIаса.

Дица гьесде абуна Славянскалъул рагIалде Украиналъул танкал ва бронетехника бачIун бугин ва гIадамазул пикраби рехсолел рукIана. Мех-мехалъ шагьаралъул администрациялъул минаялде валагьулев вукIана.

Цо-цо гIадамаз дие суалал кьолаан – «Гьале, дуца бицунеб букIана яргъид гIуцIарал гIадамазул хIакъалъулъ, гъозул рикIкIен гьабулаго», - ян абун. ЧIечIого такрар гьабулеб букIана «Мун кваранаб секторалъул» вакил ватилин абун.

Хадуб батана ралъдал аскарасул формалъул тIагъурги. Гьелдалъун гъозул ракI чIун букIана аскариязулгун дир бухьенал букIиналда.

Доб тIагъур дие саIгъат гьабуна дир цо гьалмагъас дун Крымалда вукIараб мехалда. Суравалда гьез диде хасго гьадин абуна: «Мун Польшаялъул идараялда хIалтIулев вугони, мун жасус вугин».

Гьеб гуребги – социалиял сайтазде ралагьун гъозда бихьана дунг Майданалда вукIин. Гьединав чи гъозул бербалагьиялда лъикIав чи гурин».

ЭР: - Дуда рихьанищ гьезда гъорлъ Россиялдаса рачIарал хасал хъулучагIи, ялъуни аскариял?

«Дида бичIчIухъин буго информация дора Россиялдаса рачIарал цо-цо диверсиониял къукъаби ругин абураб. Амма дида вихьичIо дова цониги россиялъулав. Гьел киналго ккола бакIалъулал гIурусал.

ГРУ-ялъул хъулухъчагIи ратилин дора, лъида лъалеб, амма гьеб тIад чIезабизе цIакъ захIматго буго».

Эркенлъи Радиоялъул ГIурус хъулухъалъул мухбир Дмитрий Волчекица гьабураб гара-чIвариялъул цо бутIа.