Шахтаялда жаниб ккараб кьвагьиялъе ва гьелда хадуб ккараб цIаялъе гIоло Туркиялда хун вуго 200-ялдасаги цIикIкIун чи, нус-нус тIурччи бахъулесул къисмат гьанжеги лъалеб гьечIо.
Туркиялъул энергетикаялъул министр Танер Йылдызица лъазабуна, кьвагьи ккараб мехалда шахтаялда жанив вукIанин 787 хIалтIухъанин. 80-гIанав чи вегизавун вуго азарханаялда.
Пачалихъияв хъулухъчиясул рагIабазда, гIадамал хвеялъул аслияб гIилла хурхараб буго загьруяб газалда.
Шахтерзул цоял чIаго хутIиялъул хьул букIиналда бан, хвасарчагIаз кислород кьабулеб рагIула шахтаялде жанибе.
Туркиялъул шахтаялда кIудияб авария ккун букIана 1992 соналдаги. Гьелъул хIасилалда хун вукIана 263 чи.