Минюсталъул цIияб инициатива нахъ чIвалеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез

«КъватIисел пачалихъазул агентал» хIисабалда регистрация гьабизе инкар гьабулел коммерциялъулал гурел гIуцIиязул хIалтIи чIезабизе рес кьезе кколин тохаллъиялъул идарабазул хIалтIухъабазеян, рикIкIнеб буго Россиялъул Юстициялъул министерлъиялъ.

Гьединаб документ гьелъ бахъун буго жинидрго хасаб порталалда. Россиялъул президентасда цебе бугеб Инсанасул ихтиярал цIуниялъул мажлисалъ Минюсталъул инициатива нахъ чIвана.

Гьеб идараялъул бетIер Михаил Федотовас «Интерфаксалъе» комментариял гьарулаго лъазабуна, «къанунал хIалтIулел пачалихъазда бокьарал бахIсал диваналъул къагIидаялда рагIалде рахъинаризе кколин.

Москваялъул Хельсинкиялъул группаялъул бетIер Людмила Алексеевалъ Минюсталъул идея рикIкIана гражданияб секторалде гьабулеб гьужумалъул иргадулаб галилъун. «Гьеб ккола жиндирго магIна гьечIолъиялъе гIоло хIалтIулеб букIинчIеб къанун халтIизабиялъе гьабулеб хIалбихьи.» - ян лъазабуна Алексеевалъ.

Россиялъул «НКОязул хIакъалъулъ къануналъ» къватIисел улкабаздаса грантал щолел политикияб хIаракатчилъиялъул гIуцIабазда тIадаблъун гьабулеб буго «къватIисел улкабазул агентал» хIисабалда регистрация гьаби.

Гьеб къануналъе бойкот лъазабун буго Россиялъул аслиял инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабаз.