Рикъарал ясалгун видео тIибитIизабуна «Боко ХIарамалъ»

Цебесеб моцIалда рикъарал школалда цIалулел ясал рахъараб видео тIибитIизабун буго «Боко ХIарам» абураб исламистазул къокъаялъ.

Экстремистазул лидер Абубакар Шекауца лъазабулеб буго, ясал ккун чIезаризе ругин, туснахъазда ругел гьезул пишацоял нухмалъиялъ эркен гьаризегIанин.

Шекауца абуна, гьоркьлъалие росарал ясал исламалде руссанин. Итни къоялда интернеталда баккараб видеоялда нусгогIанай яс йихьизаюн йиго как балеб куцалда.

14 апрелалда Нигериялъул шималияб рахъалда йикъана кIинусгогIанай яс. Исламистаз лъазабуна, гьел жидеца ричизе ругин.