Москваялъ Кишинев ахIулеб буго Таможенияб цолъиялъулгун горкьорлъабазде

Нагагьлъун Молдоваялъ Европагун гIагарлъиялъул къотIи-къай гъулбасулеб бугони, гьелдаса Москваялдаги Кишиневалдаги гьоркьор ругел экономикиял гьоркьорлъабазде асар букIине бугин, лъазабуна Россиялъул вице-премьер Дмитрий Рогозиница.

«Коммерсант» газеталъе интервью кьолаго, Рогозиница лъазабуна Москваялъе ракIалъе гIезе букIанин Молдовалъ Таможенияб цолъиялъулгун гьоркьорлъаби гIуцIулел ругониян.

Цебесеб анкьалъул ахиралда Рогозин щун вукIана Приднестровьеялде. Гьесул рагIабазда, гьес гьенисан рачIун руго гьеб республика Россиягун цолъизе бокьаразул гъулабасал.

Молдовалъул нухмалъиялъ гьел гъулбасазул цо къадаралъул конфискация гьабун буго. Рогозинил рагIабазда, гьесда бажарун буго аслияб бутIа Москваялде щвезабизе.