Америкалъ Украиналда унеб референдум малъизе гьечlо

Америкаялъул Пачалихъияб Департаменталъул лъазабиялда абулеб буго Украиналъул машрикъалъул рахъалда 11 маялда тIобитIараб референдумалъул хIасилал къабул гьаризе гьезда ракIалда гьечIин ва гьелъ хвезабулеб бугин халкъаздагьоркьосеб къанунги Украиналъул территориалияб цолъигиян.
Украиналъул машрикъалъул рахъалда гьаркьал кьолел бутIаби рагьун рукIана гьатIан къоялъул радал сагIат микьгоялда. Интернеталда руго гьенире ине чIарал гIадамазул читIирал рахъарал суратал, амма гьеб информация уяб бугищали хал гьабизе рес гьечIо гьенир лъидаго рачIел тохалчагIи гьечIолъиялъ.