Донецк икълималда «референдум» ва хасаб операция

Регионалъул статусалъул суал гьоркьоб лъураб сепаратистаз абухъе «референдум» тIобитIулел Донбасалъул цо-цо мухъазда Украиналъул пачалихъиял къуватаз гьатIан къоялда байбихьана «антитеррористияб операциялъул» иргадулаб фаза. «Информационияб дандечIей» абулеб жамгIияб къукъаялъ лъазабулеб буго къуватал идарабазул хIаракатчилъи тIибитIулеб бугин Славянскалда ва цоги сепаратистазул багъа-башари гIемерал бакIаздайин.
Донецк икълималда биххизабун буго Россиялъул рахъ кколел сепаратистазул чанго блокпост. Гьел рукIун руго Славянск, Краматорск ва БагIараб Лиман абулел мухъазда. Украиналъул жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго гьеб букIанин улкаялъул къуватал идарабаз сепаратистазде данде гьабулеб хасаб операциялъул гIурхъабалъ гьабураб хIалтIийин. Гьединго лъазабулеб буго аскариязда ва гIадатияб халкъалда гьоркьор камиял гьечIинги.