Рагъулаб оппозиция Гьомсалдаса нахъе унеб буго

Сириялда байбихьун буго Гьомс шагьаралдаса яргъидгIуцIараб оппозициялъул къукъабазе эвакуация гьабизе. Гьелъие гIиллалъун ккун буго араб анкьалда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул гьоркьохъанлъиялдалъун улкаялъул нухмалъигун гьез гьабураб ракълилаб къотIи-къай.
Гьомсалъул губернатор Талал Баразица лъазабуна оппозициялъул къукъаби рекIараб чанго автобус Гьомс провинциялъул Телль-Биса ва Аль-Дар Аль-Кабира шагьаразде анин.
Оппозициялъул вакилзабаз лъазабулеб буго шагьаралдаса нахъе ине вугин жидер 1200 рагъухъан ва контроль хIукуматалъул къуватахъе кьезе бугин. Бицен гьабураб къотIи-къаялда рекъон, оппозициялъ нух рагьизе буго улкаялъул шималияб рахъалда бугеб кIиго шагьаралде гуманитарияб кумекалъеги.
ЛъагIалица яргъидгIуцIаразул кверщаликь букIараб Гьомсалъул централиял авалал сириялъул армиялъ сверун ккун рукIана ва гьел мухъазда ракъи ккун букIана.