Донецкалъул сепаратистазда сверун компромат

Украналъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъухъе щун руго улкаялъул машрикъалъул рахъалда «Донецкалъул халкъияб республика» гIуцIиялда сверун «референдум» къачIалеб букIиналъул мухIканал далилал. Гьебги хIасил цебеккунго лъалеб референдум гьабизе.
Гьеб хъулухъалъул пресс-централъ лъазабуна арбагI къоялда жидер далилал дагьалги мухIкан гьарулин «ГIурусазул цолъи» абулеб багъа-башариялъул лидер Александр Баркашовасулгун хъвай-хъвагIай гьабичIеб «Православный Донбасс» абулеб идараялъул бетIер Дмитрий Бойцовасул телефоналдасан букIараб гара-чIвариялъгийин.
Гьениб Бойцовас гIурусазул аскаразул кумек гьарулеб буго 11 маялда тIобитIизе бугеб «референдум» икъбалалда рагIалде бахъинабизе. Баркашовас гьесда абун буго «жал разиял ругин» абураб жавабалъул «100 проценталъул суратги бахъун» фальсификация гьабейин.
Украналъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъул лъазабиялда кьолел руго гIурус, ингилис ва немец мацIалде руссинарурал гьел аудиофайлалги.