Радикалияб исламищ террорищ?

МахIачхъалаялъул рагIалда Семендералда арбагI къоялъ букIараб хасаб операциялъул хIасилалда чван вуго ункъго чи. Гьедин лъазабулеб буго Миллияб антитеррористияб комитеталъул пресс-хъулухъалъ. Лъазабулеб букIана сверун ккураб рокъоса цо чIужугIадан къватIие ячIанин ва мадугьалихъ ругел рукъзабахъа гIадамал нахъе гочинарун рукIанин. Дагъистаналдаса гьединал лъазабиял гIемерлъулел руго ахирисел къоязда. Лъиде данде гьарулел ругел гьел хасал операциял, «рохьахъе» унел щал ва кин гьезул къадар дагьлъизабизе бегьулеб?
Иргадулаб хасаб операция тIобитIана Дагъистаналда 7 маялда. МахIачхъалаялъул Семендер росулъ чIвана изну гьечIого яргъид гуцIаразул къукъаялде гъорлъе унев ункъоявилан лъазабуна низам цIунулез. Терроралде дандечIараб миллияб комитеталъул лъазабиялда рекъон, «махIачхъалаялъулабин» риккIунеб рохьилазул къукъаялде гъорлъе унел рукIана чIварал ва гьел хIадурлъулел рукIун руго маялъул байрамазда терактал гьаризе.

Гьанибго тIаде жубала, гьал къоязда хасаб операция тIобитIана Хасавюрталдаги. Гьенир чIвана рос ва лъади ва гьел кIиялго рохьилазде гъорлъе унеллъун рукIанилан лъазабуна къуваталъул идарабаз. Жибго Хасавюрталда ахIвал-хIал хIалуцараблъун хутIулеб бугин абизе бегьула – гьениб анкь унеб гьечIо терроралда хурхарал такъсирал ккечIого. Мисалалъе, 5 маялда шагьаралда полициялъул хIалтIухъан чIвазе хIалбихьана цояз. Полициялъулав захIматго лъукъана ва азарханаялда вуго. Гьев чIвазе хIалбихьарални рохьилал ругин жидехъе оперативияб информация щванилан лъазабуна нихзам цIунулез.

Гьединго гьал къоязда къуваталъулаз Гъарабудахкенталда лъазабуна терроралде данде чIараб низам. Изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазде гъорлъе унел цIехолел ругин гьезилан лъазабуна Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ.

Дагъистаналда ругел изну гьечIого яргъид гIуцIарал къукъабазда тIаса «Эркенлъи» радиоялъул мухбир кIалъана эксперт Ирина Стародубровскаягун. Гьей ккола Егор Гайдарил цIаралдалъун бугеб экономикияб политикаялъул Институталъул хIалтIухъан, гьениб гьелъ бачула «Политикияб экономия ва регионалияб цебетIей» абураб гIелмияб курс. Стародубровская чанги нухалъ Дагъистаналдаги щвана ва гIемерисала гьей росабалъ уна ахIвал-хIалалъул цIех-рехал гьаризе.

Эксперталъул рагIабазда рекъон, изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ динияб идеологиялъул тIалабал гьарулел къанагIат гурони гьечIо. «ГIемер чагIи рохьазде уна къисас балагьизе. Мисалалъе, гIолилав полициялъ кколев вуго, гьезие батIалъи гьечIо, бугищ яги гьечIищ гьесул гIаийб пуланаб такъсиралъулъ. ГIакъубабиги кьун гьев мукIурлъизе тIамулев вуго. Яги гIагарлъиялдаса чагIи колел руго, гьезие гIакъубаби кьолел руго. Гьелдалъун гIемер чагIи рохьилазухъе уна къисас босизе гIоло», - илан абуна Стародубровскаялъ.

Изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ руго гIарцуе гIоло арал чагIигиилан рикIкIунеб буго эксперталъ. Гьелъ абухъе, гьел чагIазда гьоркьор руго хIакималгун бухьенал ругелги. «ГIарцуе гIоло рохьазде аразда бичIулеб гьечIо ракълилаб гIумруялде тIадруссине гьезие захIмат букIине бугеблъи. Гьединго жал джигьадалъе гIоло рагъулел ругин абуралги гIемерисала дин щиб жо бугебали лъаларел такъсирчагIилъун ккола», - ян абуна эксперталъ.

Терроралде данде кин къеркьезе кколел? Рохьилазул къадар кин дагълъизабилеб, радикализм кин тIагIинабилеб? Гьел суалазе жаваб кьолаго Стародубровскаялъ абуна Дагъистаналъул хIукуматалда чIегIерабги хъахIабги гурони бихьулеб гьечIин. Гьелъул пикруялда рекъон, хIукуматалъ рикIкIунеб буго традициялъулаб исламги радикалияб исламги гурони гьечIин. «Радикалияб исламалда гъорлъ ругел хIукуматалда террористаллъун рихьулел руго», - илан абуна гьелъ.

«Цоязе ислам ккола гIумру кин гьабизе кколебали рехсараб системаялъун. Гьел чагIазе жамгIияб яги динияб хIаракатчилъи расниги къваригIараб жо гуро. Гьезие гIадатго гIумру гьабизе бокьун буго хIижабги бан, такъияги ретIун. Гьел буссурбабазе кинабгIаги квал-квал букIино колларо», - ян абуна Стародубровскаялъ. Гьединго гьелъ тIаде жубана исламияб жамгIияталъул тIалабал цIунулезеги, политикияб къацандиялда гIахаллъулел буссурбабазеги квекIенал рукIине кколарин пачалихъалъул рахъалъан гьел чагIаз жидерго хIаракатчилъи къануназда рекъон бачунеб бугони.

«Радикалиябилан абулеб исламалъул рахъкколеллъун рикIкIунезда гъорлъ гьединго руго диналъул тIалабалъ ярагъги кодоб ккун цIунизе кколин абулелги, амма гьелги рикьине бегьула лъабиде», - илан бицана Стародубровскаялъ. Гьелъ абухъе, руго лъачIого ккарал, руго гьединго исламалъул жамгIияталъул тIалабал яргъица цIунизе кколин риккIкIунел, амма ярагъ гIодоб лъезе хIадурарал, руго рагъулаб гуреб нух бихьуларел. Гьеб лъабго къокъаялъе батIи-батIияб политика букIине кколин пачалихъалъулилан, рикIкIунеб буго эксперталъ.

Ирина Стародубровская: «ТIоцебесеб къукъаялде гъорлъе унел рохьаздаса тIадруссинаризе ккола ва гьел тIадруссинариялъул программаялъе кинабгIаги квекIенги гьабизе кколаро. Лъабабилеб къукъаялъе гьабизе жо гьечIо: гьез ярагъалъул нух тIаса бищана ва гьелгун къуваталъул гурони мацI бицине кколаро. Амма кIиабилеб къукъагун щиб гьабилеб? Гьеб суал буго бищун захIматаб. Гьеб къукъагун суал тIубазабиялъе чанги механизм хIалтIизабизе ккола. Мисалалъе, гьез ярагъ гIодоб лъуна, амма тамихIалдаса гьел эркен гьарулел гьечIо, амма ритIулел руго гьел Дагъистаналда ругел яги Дагъистаналда гIагарда ругел туснахъазде. Яги гьел чагIазе амнистияйищ гьабизе кколеб? Дида кколеб буго, кIиабилеб къукъаялъул сулалда тIаса жамгIияталъул диалог букIине кколин ва гьениб бицине кколин кинал инструментал хIалтIизаризе бегьилел».

Стародубровскаялъ гьединго тIаде жубана, Дагъистаналъул хIукуматалъ хIаракатбахъине кколин кIванагIан гIемер чагIи рохьаздаса ракълилаб гIумруялде тIадруссинариялъеян.