Крымалда вухун вуго мажлисалъул гIахьалчи

Крымалда вухун вуго крым-татаразул мажлисалъул гIахьалчи ГIабдурахIман Эгиз. Гьедин лъазабуна нижер радиоялъе мажлисалъул нухмалъиялдаса ГIали Хазминица. Гьес бицухъе 6 маялда Симферополалда щалали лъаларел аскариязул ретIел ретIарал чагIаз чIезеги гьавун документал тIалаб гьарун руго Эгизихъа. Гьес гьел рихьизарун гьечIо низам цIунулел тIалаб гьарун. «Крым цIуниялъул къуваталин» жидедаго абулел гьел чагIаз Эгиз квешго вухун вуго ва гьесул автомашиналъуб чIухь бан буго.
ГIалил рагIабазда рекъон, крым-татаразде гьабулеб тIадецуй цIикIкIине рес буго гьезие депортация гьабуралдаса исана 18 маялда 70 сон тIубаялда цебеги.
Крым-татаразул мажлисалъ марталда инкар гьабун букIана Россиялъ Крымалъе гьабураб аннексия къабул гьабизе. 4 маялда Крымалъул генералияв прокурорасул кумекчIужу Наталья Полонскаялъ мажлисалда лъазабун букIана хадубги, гьелъ абухъе, «экстремистияб» багъа-башарияда гIахьаллъи гьабуни, мажлис къазе бугин.