Жамилевасе нух къан буго Крымалде

Крымтатаразул мажлисалъ жиндирго тIолго халкъалде ахIи бана протесталъул акция тIобитIиялде.

Гьеб акция базабулеб буго крымтатаразул жамгIияв хIаракатчи МустIапа Жамилевасе Крымалде нух къаялда.

ГьабсагIат Армянск шагьаралде гIаммаб къадаралда щуазаргогIан крымтатарав вачIун вуго.

Гьезул баяналда рекъон Россиялдехун руссарал тIадтараз Армянск шагьаралде тIаде жубараб къадаралда гIадлу-низам цIунулел хъулухъчагIи ритIулел руго.