Алманиялъулгун Швейцариялъул кIалъа-басаял

Алманиялъул къватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайер вачIун вуго Швейцариялъул Берн шагьаралде гьеб улкаялъул къватIисел ишазул министр Дидье Буркхальтергун Украиналъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаял гьари мурадалда.

Гьеб данделъиялъул хIасилалда къабул гьабизехъин буго хасаб хитIаб. ГьабсагIат Швейцариялъ ОБСЕялда иргадулаб тIалъи гьабулеб буго ротационияб къагIидаялъ.