Славянск хвасар гьабун буго

Украиналъул Миллияб Гвардиялъул бетIер Степан Полторакица лъазабуна, Славянск сепаратистаздаса хвасар гьабун бугин.

Рузман къоялъул радал Украиналъул хIинкъи гьечIолъи цIунулел къуватаз рагъулаб операция байбихьана Россиялдехун руссарал яргъид гIуцIарал къукъабазде данде.

Украиналъул жанисел ишазул министерлъиялъул баяналда рекъон сепаратистаз Ми-24 абулеб Украиналъул рагудаб тирелоялде гьабураб кьвагьиялъул хIасилалда кIиго рагъулав хъулухъчи чIванин ва чангоявги лъукъун вугин.

Россиялдехун вуссарав хIаракатчи Вячеслав Пономарёвас гьабураб баяналда рекъон чIван вуго Россиялдехун вуссарав лъабго яргъид гIуцIарав ва кIиго гражданияв хIаракатчи.