Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ гIакIа къотIун буго Пятигорскиялъул «Газпроммежрегионгаз» абураб гIуцIиялда тIад. ГIилла, гьез конкуренциялъул къанунги хвезабун хъахIилаб цIатариялдаса махIрум гьабун буго Гъизилюрт щагьаралъул коммуналиял хъулухъазухъ гIарац бакIарулеб идара.
«Газпроммежрегионгаз» абураб гIуцIиялда ва гьелъул генералияв директор Деревянко Аркадийида тIад Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ тIад лъун буго 800 зарго гъурущ гIанасеб гIакIа.
Гьелъие гIиллалъун ккун буго Пятигорскиялда бугеб «Газпром Межрегионгаз» абураб гIуцIиялъ ихтияр гьечIого цIатариялдаса махIрум гьабун буго Гъизилюрталъул «ЖКХ сервис» абураб гIуцIи.
Гьез гIарза битIун буго Дагъистаналъул монополиялда дандечIараб хъулухъалде, гьез хал гьабун хадуб хIакъикъаталдаги баянлъун буго «Газпромалъ» къануналъул киналго тIалабалги хвезарун къотIизабун букIин Гъизилюрталъул идараялъе кьолеб газ.
Конкуренциялъул тIалабал хвезариялъухъ абураб федералиял къануналъул 10-абилеб статьялда рекъон къотIун буго гьезда тIад гIакIа.
Гьединго гIакIа къотIун буго «Дагестангазсервис» абураб гIуцIиялдаги, щайгурелъул «Газпроммежрегионгаз» абураб гIуцIиялъул буюриялда рекъон Гъизилюрталъе цIатари къотIизе гьабурал чагIи гьел рагIула ва къануналда рекъон гьезги кьезе кколеб буго жаваб, гьезда тIад къотIун буго 10 000 зараго гъурущ гIакIадул.
ТамихIалде гъоркье ккун вуго гьединго «Газпроммежрегионгаз» гIуцIиялъул нухмалъулев Деревянко Аркадийги. Административияб такъсир гьабуралъухъ кIиго статьялда рекъон гьесда тIад къотIун бугго цин 10 азарго ва хадуб 38 азарго гъурущ гIарац.
Жидеца гьезда тIад гIарза къотIанин Ессентуки шагьаралъул диванханаялъ нижер хIукму ритIухъ гьабун хадубилан бицана «Эркенлъиялъе» Монополиялда дандечIраб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъул, финансазул рынказда хадуб хал кколеб бутIаялъул нухмалъулев Багандов ГIабдулаца.
Гьелдаса цебе гьазул хIукмуялда рази гьечIого гьез гIарза хъван буго Дагъистаналъул Арбитражалъулаб диванханаялде, гьез монополиялда дандечIараб хъулухъалъ гьабураб хIукму мекъаблъун рикIкIун буго, хадуб Ессентуки шагьаралъул диванханаялъ гьал ритIухъ гьарун руго:
Багандов ГIабдула: «КигIан кIудияб налъи Гъизилюрталъул коммуналиял хъулухъал чIезарулеб идараялда букIун батаниги гьез хIисабалде босизе кколаан, бухIараб газалъухъ гIарац кьолелги ракIбацIцIадал гIадамал рукIараллъи.
Щайгурелъул рес гьечIелъул тIубараб Гъизилюрт шагьаралда цониги чияс гIарац кьечIого букIине. Гьелда тIадеги статистикаялда рекъон халкъалъул 80 проценталъ коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьолеб буго Дагъистаналда.
Гьединлъидал нижеца «Газпромежрегионгаз» ва «Дагестанэнергосервис» абураб гIуцIиялда тIад гIакIа къотIана».
Нижеца гьесда гьикъана «Газпомежрегионгазалъ» Дагъистаналъул шагьарал цIатариялдаса махIрум гьарун хадур гьединалго гIакIаби къотIизе ихтияр бугищин нужерилан?
Щайгурелъул ахирисел анкьазда информалатаз чанго нухалъ кьуна «Газпромежрегионгазалъ» тIубараб Дагъистанго цIатариялдаса махIрум гьабизехъин букIиналъул баян. ГIилла, Дагъистаналъ гьеб гIуцIиялъе кьезе рагIула кIудияб налъи.
Чанго соналъ бухIараб газалъухъ кьечIого хутIараб гIарцул налъи бахун буго буго 2 миллиард гIанасеб гъурщиде.
Багандовас абуна хIакъикъаталдаги гьединал гIарзал рачIун ругин нижехъе коммуналиял хъулухъал чIезарулел Дагъистаналъул чанго идараялъухъа. Гьезухъе лъазаби бачIун бугин Пятигорскиялдаса пуланаб къоялде налъи кьечIони нужее газ къотIизабизе бугилан.
Гьединабго лъазаби Газпромалъ щвезабун буго Дагъистаналъул прокуратураялде, мэериялде ва хIатта президент ГIабдулатIипов Рамазанихъеги.
Цояб рахъалдаса балагьани Газпромалъул нухмалъиялда чIвазе гIайиб гьечIин чанго соналъ кьечIого тараб налъи тIалаб гьабизе гьезул тIубараб ихтияр бугилан абуна Багандовас, амма къануналъул цогидаб рахъалдаса балагьани гьеб налъи гьез тIалаб гьабизе кколеб гьадинаб нухги бугилан абуна монополиялда дандечIараб идараялъул вакилас. Щиб нухали гьадин баянги гьабуна.
Багандов ГIабдула: «Коммерциялъулаб гIуцIи хIисабалда Газпромежрегионгаз гIуцIиялъул тIубараб ихтияр буго дагъистаналъе газ кьечIого тезе, щайгурелъул кьезе кколеб налъул къадар цIакъго гIемер буго. Амма гьез гьеб хIукму рагIалде бахъинабулеб хасаб къагIида буго, россиялъул хIукуматалдаго тасдикъ гьабураб.
Мисалалъе босилин МахIачхъала. Гьаниб буго чанго батIияб гIуцIи газалъухъ гIарац бакIарулеб. Гьел гIуцIабаз жидее гIарац кьолел гIадамазул сияхIги хIадурун хIисабги гьабун баян кьезе ккола Пятигорсикялде кигIанасеб къадаралда гьел гIарац кьурал гIадамазе цIатари биччазе бегьулебали абураб.
Гьелда рекъон Газпромалъги кьезе ккола гьезие ц1атари, моцIро-моцIрое коммуналиял хъулухъазухъ гIарац кьолел гIадамал къварид гьаричIого».
Амма Дагъистаналда гьеб суал рагIалде бахъине рес гьечIилан тIаде жубана Багандов ГIабдулаца.
Щайин абуни хасал бетIергьанлъиялъул минаялда гIумру гьабун ругел гIадамаз кьолеб бугони щибаб моцIалъ гIарац, гьел ратIа гьаризе кIолин, амма гIемертIалаял минабахъ гIумру гьабун ругел гIадамазда гьоркьор бащадаз кьун, бащадаз кьечIого букIине бегьулин гIарац ва гIарац кьечIел гIадамал цIатариялдаса махIрум гьаридал расги гIайиб гьечIел гьезул мадугьалзабазеги зарал ккезехъин бугин.