Талат къоялъ Евроцолъиялъ загьирабуна Россиялъул пачалихъиял хъулухъчагIазул сияхI. Гьезде данде санкциял лъазарун руго.
Рехсараб сияхIалда журан руго Россиялъул Генералияб Штабалъул бетIер Валерий Герасимов, ГРУ-ялъул бетIер Игорь Сергун, Россиялъул вице-премьер Дмитрий Козак, Пачалихъияб Думаялъул вице-спикер Людмила Швецова ва цогидал. ГIаммаб къадаралда – 15 чи.
Гьадинаб лъазабигун цее яхъана Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул рахъалъан тIадегIанай вакил Кэтрин Эштоница.
Гьелъ абуна Украиналда Россиялъ хIалуцинабулеб ахIвал-хIалалъ рахIат хвезабулеб бугин.
Рехсарал санкцияздалъун гьел хъулухъчагIазе визаби кьезе гьечIо ва банкалда ругел гъозул активал цIорозаризе руго.