Жеги 680 радикалияв бусурбанчиясе къотIи гьабун буго Мисиралда

Мисиралъул диваналъ къотIи гьабун буго жеги 680 радикалияв бусурбанчи чIвазе.

Гьезда гъорлъ «Вацал-бусурбаби» багъа-бачариялъул цевехъан МухIаммад Баъди.
Гьединго рагIулеб буго март моцIалда диваналъ гьабураб къотIи нахъе бахъун бугин.

Доб заманалда 529 чи чIвазе гьабураб хIукму хисун, гьездаса 492 чи гIумруялъго жаниве тIамун вуго. Гьадин лъазабуна итни къоялъ адвокатаз.