Россиялъул тIадтаразде данде цIиял санкциял

Цолъарал Штатазул тIадтараз Россиялъул президент Владимир Путинил гор-сверухълъиялъул тIадегIанаб даражаялъул цо-цо пачалихъиял хъулухъчагIазде данде цIиял санкциял лъазарун руго.

Гьезда гъорлъ Россиялъул вице-премьер Игорь Сечин, президентасул администрациялъул нухмалъулев хисулев Вячеслав Володин, вице-премьер Дмитрий Козак, «Ростех» абулеб корпорациялъул бетIер Сергей Чемезов, Пачалихъияб Думаялъул халкъаздагьоркьосел ишазул рахъалъан комитеталъул бетIер Алексей Пушков, аннексия гьабураб Крымалде президентасул вакил хIисабалда витIарав Олег Белавенцев ва Федералияб Хъулухъалъул идараялъул бетIер Евгений Муров.

Гьел санкциял гьединго хъинтIула рехсарал хъулухъчагIазул контролалда гъоркь ругел хIалтIул идарабаздеги.

ГIиллалъун бихьизабун буго Россиялъ Украиналъул суверенитеталде данде бачунеб ищ.

Гьадин лъазабуна миллияб хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул рахъалъан Цолъарал Штатазул президентасул гIакълучи Тони Блинкеница.