Украиналдаса ахирисел харбал

Украиналъул милициялъ цIех-рех гьабулеб буго Харьков шагьаралъул мэр Геннадий Кернес лъукъиялъул ишалъул. Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ лъазабулеб буго Славянскалда жалго цIуниялъул къуватаз 40 чи гъоркьлъалие ккун вугин. Константиновка шагьаралда бугеб ахIвал-хIал.
Улкаялъул жанисел ишазул министерлъиялъул лъазабиязда рекъон, Харьков шагьаралъул мэр Геннадий Кернес гуллица дове-нахъе ворлъун вуго. Лъазабиязда рекъон, Кернес чIвазе къасд гьабун буго итни къоялъул къаде-нахъе. Гьесул мугъзада речIчIун буго Белгородское абулеб шагьранухдасан хIатIимашинаги бачун унаго. Гьедин лъазабуна журналистазе шагьаралъул Шураялъул информациялъул ва бухьеналъул рахъалъ департаменталъул бетIер Юрий Сидоренкоца. Гьесулго рагIабазда рекъон, гулла хъван гьечIо Кернесил ургьимесалъул гIумруялъе кIвар бугел бутIабазда.

Амма Украиналъул Миллияб телерадиокомпаниялъул генералияв директор Зураб Аласанияца Facebookалда жиндирго гьумералда хъван буго Кернесида речIчIун бугин Харьковалда Саржиный Яр абулеб иссисуялда гьев чордолагойин. «Гьенив чордолев гIадат гьес тун букIинчIо. Гьев вачIинегIан гьениб гъоркьчIел гьабун букIун буго»,-ян хъвалеб буго Аласанияца.

Украиналда тIалъи хисараб мехалда Геннадий Кернесица цин ккун букIана Россиялдехун цIайи цIикIкIаразул рахъ, амма хадусан гьев гьетIун вукIана Киевалъул цIияб нухалъиялдехун.

Гьебго заманаялда Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ лъазабулеб буго Славянскалда жалго цIуниялъул къуватаз 40 чи гъоркьлъалие ккун вугин. Гьедин лъазабуна итни къоялда Киевалда букIараб брифингалда рехсараб хъулухъалъул пресс-централъул бетIер Марина Остапенкоца. Гьелъул рагIабазда рекъон, «асирлъуда» руго Европаялда рекъон-хIалтIиялда ва хIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун идараялъул вакилзабиги, украиналъул офицералги.

Гьел эркен гьариялда хурхун гьел кураз кинал рукIаниги шартIал рехсолел ругищан гьикъидал Остапенкоца абуна «жеги гьечIин». Гьенибго Остапенкоца абуна Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъ чIезабун бугин Украиналда Игорь Стрелков абулеб цIаралда гъоркь хIалтIулев вукIарав Россиялъул ГРУялъул хIалтIухъанасул цIаргийин. Гьелъ бицухъе, Стрелковасул хIакъикъияб цIар рагIула-Игорь Гиркин. Гьев рагIула Россиялъул гражданин ва гьесул рагIула полковникасул цIарги.

Ахирисеб нухалда Гиркин легалияб куцалда Украиналде вачIун вукIун вуго 26 февралалда. 26-билелдаса 27-билеб февралалъул сардилъ кверде босун букIанин Крымалъул парламент абулел Остапенкол рагIаби кьолел руго «Украинская правда» газетаялъ.

Гьелъулго рагIабазда рекъон, чIезабун буго Донецкалда Европаялда рекъон-хIалтIиялда ва хIинкъигьечIолъи цIуниялда сверун идараялъул вакилзаби рикъиялъулъги Стрелковасул гIахьаллъи букIин.

«Донецкалъул миллияб республикаялъул» байрахъ чIван буго щалали лъаларел ва ярагъ борчарал гIадамаз итни къоялда Константиновка шагьаралъул исполкомалъул минаялда тIад. «Интерфаксалъ» лъазабулеб буго шагьаралъул сайталда лъурал суратазда рихьулин Константиновка шагьаралъул администрациялда цеве вакIарарав камуфляж ретIарав ва георгиясул чIалал рарав анцI-анцI чиян. Гьединго гьел суратазда рихьулел руго гьенире ракIарарал салул турпиги, автомашинабазул резинадул гьакибералги. Гьединго лъазабулеб букIана щалали лъаларел ярагъ борчарал гIадамаз кверде босун бугин гьеб шагьаралъул милициялъул бутIайинги. Амма Украиналъул жанисел ишазул министерлъиялъул Донецк мухъалда бугеб бутIаялъ лъазабулеб буго Константиновка шагьаралда милициялъул бутIа гIадатияб куцалда хIалтIулеб бугин.

Гьеб идараялъул баяназда рекъон, милициялъул гьеб бутIаялде аскIоре микроавтобусазда рекIун вачIун вукIун вуго ярагъ борчарав 30-гIан чи. Гьел гьеб минаялде жаниреги лъугьун руго, амма ярагъ хIалтIизабун гьечIо. Милициялъул нухмалъулевгун гара-чIвари гьабулев чанго чиги тун гьел киналго нахъе анин лъазабулеб буго жанисел ишазул министерлъиялъ.