Дербенталда чIван вуго цо чи

Шамат къоялда Дербенталда полициялъул тадбирал тIоритIулеб мехалда чIван вуго цо чи.

Дербенталъул полициялъул бутIаялъул лъазабиялда рекъон, «Панорама» абураб супермаркеталда аскIоб ккун буго тунка-гIуси. Жив щивали лъаларев чи кьвагьдун вуго полициялъулазде. Жавабияб кьвагьдеялъул хIасилалда гьев чIван вуго.