Арсений Яценюк: "Россиялъе бокьун буго Дунялалъул лъабабилеб рагъ багъаризабизе."

Украиналъул премьер-министр Арсений Яценюкица лъазабуна, Украиналде асар гьабун, Россиялъе бокьун бугин Дунялалъул лъабабилеб рагъ багъаризабизеян.

Гьедин бицунеб буго Reuters агентлъиялъ.

«Дунялалда гьанжеги кIочон гьечIо Дунялалъул кIиабилеб рагъ, амма Россиялъе бокьун буго лъабабилебги байбихьизе.» - ян лъазабуна гьес, Украиналда рагъулаб конфликт багъаризабизе гьабулеб хIалбихьиялъ Европаялда рагъ багъаризе рес букIиналде кIвар буссинабулаго.

Хамиз къоялда Россиялъул улка цIуниялъул министр Сергей Шойгуца лъазабуна Украиналъул гIорхъода аскIоб Россиялъул рагъулазул ругьунлъиял байбихьулел рукIиналъул хIакъалъулъ.

Гьесул рагIабазда, гьел кколел рагIула Киевалъ улкаялъул жанубяибгун машрикъалъул рахъалда жиндирго халкъалде данде къуватияб операция байбихьиялъе жаваб.