Шималияб Кавказ социалиял сайтазда

Кавказалъул регионазда гьоркьоб бищунго гIемер интернеталдаса пайда босулел руго Чачанлъиялда, Гъалгъаялда ва Дагъистаналда. Гьеб лъабго республикаялдаса руго бищунго гIемер диналъул хъвалел блогералги. Интернеталда жидерго миллаталдаса бищунго чIухIулел руго-чергесал. Гьединаб ккун буго «Кавказ» абулеб Кавказалъул гьанжесеб политикаялъул Централъ гьабураб цIех-рехалъул хIасил.
«Кавказ» абулеб Кавказалъул гьанжесеб политикаялъул Централъ дагьаб цебегIан къватIибе кьун буго «Вконтакте» абулеб социалияб сайталда Шималияб Кавказалдаса гIадамазул жидерго идентификация ва контр-идентификация» абулеб цIаралда гъоркь гьабураб цIех-рехалъул хIасил.
«Вконтакте» абулеб сайт буго гIурус мацIалда ругел социалиял сайтазул бищунго кIудияб. Гьелдаса пайда босулеб буго 100 млн чияс.

Жал Шималияб Кавказалдаса ругин бихьизабурав 730 азарго чияс хъвалеб жоялъул хал гьабун буго рехсараб Централъул аналитиказ. Гьезда гьоркьосаги цIакъго кIвар кьун гьел ралагьун руго араб соналъул августалдаса исана январалде щвезегIан цебеккараб куцалда тIаса вищарав лъабазарго чиясул аккаунталъухъ.

Бищунго цебе гьезда халлъун буго Россиялъул цоги регионазде дандеккун Шималияб Кавказалда социалиял сайтазда бихьиназул къадар руччабазул къадаралдаса гIемерго цIикIкIараб букIиналде. Гьеб кавказалъул халкъазул гIадатазда бараб букIине рес бугищин гьикъана нижеца машгьурав социолог ва Кавказ лъазабулев Кисриев Энверида.

Кисриев Энвер: «Дица рикIкIунаро интернеталда чияс кьураб цIаралдасан хIакъикъаталдаги гьев кинаб жинсалъул вугевали чIезабизе кIолин. Гьелде тIадеги дун божуларо Кавказалъул руччабаз бихьиназде дандеккун интернеталдаса пайда гIемерго дагь босулеб бугин абуралда. Интернеталъ рес кьола жив щив вугебали бицинчIого гьениб бокьараб хъвазе. Гьединлъидал дица рикIкIуна гIадамазда цее яхъун жиндирго пикру абизе руччабазда рекъоларин рикIкIунеб гIадаталда бараб жо гьениб гьечIин. Гьелде тIадеги дида лъаларо гьел аналитиказ кин гьел хIасилал раккизарулали. Дица рикIкIуна гьел мекъи ккун ругин».

Россиялъул цоги киналго регионазде дандеккун Шималияб Кавказалдаса гIадамаз интернеталда диналъул гIемер бицунеб ва хъалеб бугин абураб хIасил баккун буго бицен гьабулеб цIех-рехалъул.

Россиялдаго интернеталда диналъул бицунезул къадар батани лъабгоялде гIунтIун процент, Шималияб Кавказалда абуни гьединазул къадар 15 проценталде бахунеб бугин ва гIадатияб куцалда гьеб динги ислам бугин абулеб буго цIех-рех гьабураз.
Кавказалъул республикабазда гьоркьобги гьединазул къадар Чачанлъиялда цIикIкIун бугин абулеб буго гьез. Дагъистанияз интернеталда гIемер бицунеб бугин политикаялъул, жидерго миллияб хаслъиялъул абуни-чергесаз бицунеб бугин чIезабун буго гьез.

Кисриевасул пикруялда чергесаз жидер миллаталъул гIемер бициналъе гIилла буго цебегоялдаса гьел жидер ракьаздаса гочинарун рукIин ва жакъаги гьеб цо миллат лъабие ва лъабго республикаялде бикьун букIин.

Кисриев Энвер: «Чергесаз жидер миллаталъул гIемер бицунеб букIин дица хурхинабула гьезул Кавказалъул рагъ лъугIун хадубги гьелдаса цебеги жидер ракьаздаса нахъе гочинабураб халкъалъул трагедиялда. Жакъа къоялдеги чергесал рикьун ругин абизе бегьула лъабго халкъалде ва гьез гIумру гьабулеб буго лъабго батIияб республикаялда. Рес буго чегресаз жидерго миллаталде чачаназде ва дагъистаниязде дандеккун цIикIкIун кIвар кьезе».

Улкаялъул жамгIияб гIумруялде Россиялъул цоги регионазде дандеккун Шималияб Кавказалъулаз кIвар дагьаб кьолеб бугин ва «пачалихъалъул политикаялъул» бицунел къукъабазда кавказалъулазул 3 процент гурони гьечIин абулеб буго «Кавказ» Централъул аналитиказ. Гьебго заманаялда регионалиял цIиял харбазул рицунел «социалиял къукъабазда» гьединазул къадар 14% батун буго гьезда.

Жалго блогеразул къадар Чачанлъиялда гIемер букIинги гьеб цIех-рех гьабураз бичIчIинабулеб буго эркенаб пресса гьечIеб бакIалда гIадамазе жидерго пикру рагьун загьир гьабизе бакIлъун социалиял сайтал гурони хутIун гьечIолъиялда. Гьеб пикруялда разилъулев вуго Кисриев Энверги.

Кисриев Энвер: «Чачаналъ ахIвал-хIал, узухъда, дагьабго батIияб буго. Гьениб политикияб рагьараб диалогги гIезегIан дагьаб бугин абила дица. Гьеб рахъалъ Дагъистан тIолабго Россиялъецин мисаллъун чIезе бегьула. Амма дица абила гьаб бакIалда гьелъул кIвар гьечIин. Дица рикIкIуна интернеталда кавказалъулазул, хасго гIолилазул, жигарчилъи гьезулъ бугеб Кавказалъул энергетикаялда, жалго рихьизаризе бокьиялда бараб бугин».

Шималияб Кавказалда интернеталдаса пайда босулезда хурхун цIех-рех гьабураб «кавказ» Централъул аналитиказ цоги кIвар буссинабулеб буго гьениб «троллинг» ай ургъунго рокьукълъи бекьиялъул хIужаби гьечIолъиялде. Гьез рикIкIунеб буго диналъул яги этносалъул бицине гьезде гьоркьове нагагь «тролль» лъугьани, сайталда ругел киналго цолъун гьев гьениса лъутизавулев вукIиналда.