"Севол" паром гIанкъиялъул хIасилалда хун вуго 104 чи

Ахирисел лъазабиязда рекъон, Жанубияб Кореялъ тасдикъ гьабун буго араб анкьалда «Севол» абураб паром гIанкъиялъул хIасилалда 104 чи хун вукIин.
Цогиги 200 гIанав чиясул, аслияб къагIидаялда цIалдохъабазул, къисмат лъачIого хутIулеб буго.

Хвасар гьавун вуго 174 чи. Гьезда гъорлъ вуго капитан ва паромалъул команда.

Капитан ва гьесул командаялдаса анлъго чи руго аресталда гъоркь. Гьезде тасамахIлъиялъул ва цоги гIайибал гIунтIизарулел руго.

Итни къоялда улкаялъул президентас лъазабуна, паромалъул экипажалъул хьвада-чIвади релъараб букIанин гIадамал чIваялдайин.