МустIапа Джемилевасe нух кьaлеб рагIула Крымалде

Крымалъул татаразул халкъалъул Мажлисалъул бетIерлъун вукIарав, Украиналъул ТIадегIанаб Радаялъул депутат МустIапа Джемилевас лъазабуна, жиндие 20I9 соналде щвезегIан гьукъулеб бугин Крымалде щвезейин.

Украиналъулгун Крымалъул гIорхъи бахунеб мехалда МустIапа Джемилевасе кьун буго «Россиялъул Федерациялде вачIине гьукъулеб букIин лъазабулеб акт». Амма документалда гьечIин я гъулбас я мугьруйин, хъвалеб буго Мажлисалъул сайталда ва кьолеб буго гьеб «Акталъул» сурат.

Джемилевас лъазабун буго, гьединаб хIукмуялде балагьичIого, жив Крымалде нахъе вуссине вугин.

Крымалъул нухмалъиялъ кIалзул буюри кьун буго, Джемилев ва Мажлисалъул бетIер Рефат Чубаров «Крым» абураб пачалихъияб телекомпаниялъул эфиралда рихьизаризе гьукъулеб. Гьединал санкцияби хурхурал рагIула гьединго Мажлисалъул хIаракатчилъиялдаги.

Крымалъул татаразул къадар бащдабчIинкIиялъиялда буго 12 процент. Марталда тIобитIараб Крым Украиналдаса батIалъун Россиялде гъорлъе иналъул суал лъураб референдум крымалъул татаразул аслияб бутIаялъ кIвар кьечIого тана.