Женеваялъул къотIи-къаял хвезариялъул гIайиб Москваялъ гIунтIизабулеб буго Киевалде

Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровас Украиналъул нухмалъиялде гIайиб гIунтIизабулеб буго, араб анкьалда Украиналда хурхун Женеваялда гьарурал къотIит-къаял хвезариялъул.

ГьатIан къоялъ къаси Славянск шагьаралъул блок-посталда ккараб инциденталда хурхун комментариял гьарулаго, Ларовас лъазабуна, экстремистазул къокъа гьениб кьвагьданин ярагъ гьечIел гIадамаздейин. «КIиябго рахъалда руго чIварал. Гьеб такъсиралдаса пайда буго гIицIго Женеваялъул къотIи-къаязда тIасан хIучч цIазе бокьаразе.» - ян жубана Лавровас.

Журналисталгун дандчIвалаго, россиялъул къватIисел ишазул идараялъул бетIерас кIвар буссинабуна гьединго, Украиналда гражданияб рагъ багъаризабизе хIалбихьулезе Россиялъ хъачIаб жаваб кьезе букIиналде.

Украиналъул хIинкъигьечIолъиялъул хъулухъалъ Славянскалда лъугьа-бахъаралда хурхун гьатIан къоялда тIибитIизабураб лъазабиялда, хъвалеб буго, гьеб инцидент кколин Россиялъул рагъул къуватазул ГРУялъул офицерал нахъ ругеб «нахъегIанаб провокацийин».

Москваялъ рикIкIунеб буго, Славянскалда тIадекIанцIи гьабунин Украиналъул националистазул «Правый секторалъул» къокъаялъин. Гьеб нахъ чIвалеб буго жибго «Правый секторалъ.»

Украиналъул Жанисел ишазул министерлъиялъ лъазабулеб буго Славянскалда ккараб инциденталда хванин цо ва лъукъанин лъабго чийин.

Россиялъул рахъ ккуразул Славянскалъул боялъул бетIер, «халкъияв мэр» Вячеслав Пономаревас шагьаралда лъазабуна «комендантасул сагIат». Москваялде хитIаб гьабун, гьес гьарулеб буго регионалде парахалъи цIунулел къуватал ритIеян.