Славянскалда рагъулаб тунка-гIусиялдаса сверун хlаял


Украиналда аскариязул чIовуда бакIалда букIараб рагъулаб конфликт «ничбахъараб провокация» букIанин лъазабулеб буго «Украинская правдаялъ». Гьеб конфликталъул гьатIан къоялда лъазабун букIана Россиялъул информлатазги, Украиналъул хIинкъигьечIолъи цIуниялъул хъулухъалъги. Гьеб хъулухъалъул баяназда рекъон, «чIезабун буго Славянскаялда араб сордоялъ жалго диверсанталги Россиялъул аскаразул ГРУялъул офицераз яргъидалъун ва цоги хIажаталдалъун хьезарулел криминалитеталъул вакилзабиги гурони щалго рукIинчIолъи».
Украиналъул жанисел ишазул министрелъиялъ лъазабулеб буго гьеб чIовудабакIалда букIараб рагъулаб конфликталда хванин цо ва лъукъанин лъабго чиян.
Украиналъ рикIкIунеб буго Славянскалда рагъулаб тунка-гIуси букIанин Россиялъул информалатазда ракIкIарал харбазул мурад бугин гьениб ахIвал-хIал контролалдаса борчIулеб бугин аби ва гьенире кIанцIиялъе гъоркьбакI хIадуриян. Гьединаб лъазаби Facebookалда лъун буго Украиналъул миллияб хIинкъигьечIолъи ва улка цIуниялъул Щураялъул секретарь хисулей Виктория Сюмарица.
ГьатIан къоялъго лъазабулеб букIана Донецкалъул мухъалъул Славянск шагьаралъул «халкъияв мэр» вугин живан абулев Вячеслав Пономаревас Россиялъул тIалъиялде хитIаб гьабун бугин регионалде «Миллияб гвардиялдаса ва «Кваранаб секторалдаса» жал цIунизе рекъел чIезабулезул къуватал ритIейин».
«Россия-24» телеканалалъ лъазабулеб букIана тIадехун бицен гьабураб чIовудабакIалда кIиябго рахъалдасан щуго чи хванин ва тIадекIанцIи гьабуразухъа «Кваранаб секторалъул» символика тIад бугеб кIиго автомашинаги ярагъги бахъанин.
Россиялъул къватIисел ишазул министрелъиялъ лъазабулеб буго гьеб бугин Украиналъул «яргъидгIуцIаразул провокацияйин».
Жибго «Кваранаб секторалъ» абулеб буго гьеб инциденталда жиндир гIахьаллъи букIинчIин.