Багъдадалъул университеталде тIадекIанцIи

ГIиракъалда лъабго чи хун вуго Багъдадалъул университеталде жаниве живго чIвалев вачIиналъул хIасилалда. Лъукъун вуго чанго чи.
НугIзазул баяназда рекъон, Имам Къадимил университеталде тIадекIанцIи гьабун буго кIигояс. Цоясда бажарун гьечIо кьвагьулеб алат хIалтIизабизе гьев хасал хъулухъазул хIалтIухъабаз чIван вуго.
Гьебго гьатIан къоялъ ГIиракъалда хун вуго анкьго гIадатияв чи ва жеги микьгояв лъукъун вуго Самавагь шагьаралда. Гьениб кьвагьизабун буго кIиго автомашина.