Журналистал чIварал тамихI гьабичIого теялъул рахъалъ араб соналда Россиялъ ккун буго 10-билеб бакIал. Гьедин лъазабулеб буго журналистал цIуниялъул рахъалъ Комитеталъ. Гьезул докладалда рехсолел руго Дагъистаналда, Гъабардагун-Балкариялда, Чачаналда ва Ставрополалда журналистал чIваялъул хIужабиги.
Журналист ГIабдулмалик АхIмадилов ч1ваялда хурхараб диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIана МахIачхъалаялда 18 апрелалда. Диваналъ жаваб кьеч1о гьеб такъсир гьабиялда щаклъи бугел ШугIайбовасулгун ГlабдурахIмановасул адвокатаз цебесеб данделъиялда гьабураб хитIабалъе. Гьединго рукIана цоги рагIалде рахъинчIел суалалги.
Журналист ГIабдулмалик АхIмадилов чIваялда хурхараб диваналъул иргадулаб данделъи тIобитIана рузман къоялда МахIачхъалаялда Ленинский мухъалъул диваналда.
Гьаб нухалда гьенив хисун ватана диванчи. ТIоцебесеб данделъиялда вукIана Шамиль БахIандов абурав диванчи. КIиабилеб данделъиялда гьеб иш тIадкъан батана МухIамад ГIонжоловасда. Дов диванчи унтун вугин абуна иваналъул вакилзабаз. Жидеда цебеккун гьеб лъицаниги лъазабичIин бицана ЭР-лъе гIайиб гIунтIизабулезул адвокатаз. ЧIварав ГIабдулмалик АхIмадиловасул рахъалъул адвокат ккола Константин Мудунов. ТIоцебеселдего гIадин, кIиабилеб данделъиялдеги вачIинчIо гьев. Мудунов унтун вугин абулеб буго.
18 апрелалда адвокат ГIадилгерей ГIумаровас цIидасан кьуна диванчиясухъе 10 апрелалда цевесев диванчи Шамиль БахIандовасухъег о кьун букIараб хитIаб. Гьениб адвокатас дагIба балеб буго цIех-рехалъул даптаразда гьоркьоса камурал кагътазда. Масала, камун рагIула 18 батIияб сурав босарал кагътал. Гьединго гьереси бицунеблъи тIатинабулеб детекторалъ кьураб кIиго батIияб баян - цин гьелъ бихьизабун бугила ШугIайбовас ГIабдулмаликида цо нухалъ речIчIанин, хадусеб нухалда абулеб бугила кIиго нухалда речIчIанилан.
Диваналъул данделъиялдаса хадуб гьадин бицана ЭР-ялъе ГIадилгерей ГIумаровас.
ГIадилгерей ГIумаров: «Дида кколеб буго цIех-рех гьабулеб мехалдаго гьарулел рукIарал гIадал хIаял гьаризе байбихьулеб бугин гьаниб гьанже, къанунги хвезабун. Гьале гьабсагIат дир адвокат ана диванчиясухъе нижер хитIабалъе кьезе кколеб жаваб нахъе босизе. Кьолеб гьечIин абулеб буго гьес. Жибго диванги батIияб куцалда гьабуна диванчияс. Гьев вачIана жаниве ва гIодов чIана. ВачIинеги вачIун, гьадинабги гьадинабги хIукму яги хитIаб гьабулеб бугин лъазеги гьабун байбихьизе ккеларищ дос?».
Гьединго диваналъул тIоцебесеб данделъиялда адвокат ГIадилгерей ГIумаровас суал лъун букIана ШугIайбовасде гIунтIизабулеб цогиги гIайиб тIаса бахъизе кколилан. Гьеб ккола «Черновик» газеталъул бетIергьан ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайиб. ЦIех-рехчагIазух ъе щун гьечIо гьелъие гIурал далилал. Гьединлъидал гьесдаса гьеб гIайиб тIаса босулеб гIадаб къагIида буго (судалда букIараб хабаралда рекъон).
ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, ГIабдулмаликида речIчIун буго ШугIайбовас, такъсир гьабураб бакIалде ШугIайбов вачун вуго ГIабдурахIманова с. АхIмадиловасул рахъалъе къваригIун буго ГIиса ГIабдурахIманова сдеги ШугIайбовасдего гIадаб гIайиб гIунтIизабизе. ЦIех-рехалъ гьев рикIкIунев вуго такъсир гьабулеб бакIалде щвезавизе ШугIайбовасе кумек гьабурав чилъун.
Гьеб хIужа ккана щуго соналъ цебе. ГIабдулмалик АхIмадилов вукIана «Сугъралъ» газеталъул вукIарав бетIерав редакторлъун ва «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарьлъун.
Диваналъул хадусеб данделъи букIине буго 28 апрелалда.
Гьаб нухалда гьенив хисун ватана диванчи. ТIоцебесеб данделъиялда вукIана Шамиль БахIандов абурав диванчи. КIиабилеб данделъиялда гьеб иш тIадкъан батана МухIамад ГIонжоловасда. Дов диванчи унтун вугин абуна иваналъул вакилзабаз. Жидеда цебеккун гьеб лъицаниги лъазабичIин бицана ЭР-лъе гIайиб гIунтIизабулезул адвокатаз. ЧIварав ГIабдулмалик АхIмадиловасул рахъалъул адвокат ккола Константин Мудунов. ТIоцебеселдего гIадин, кIиабилеб данделъиялдеги вачIинчIо гьев. Мудунов унтун вугин абулеб буго.
18 апрелалда адвокат ГIадилгерей ГIумаровас цIидасан кьуна диванчиясухъе 10 апрелалда цевесев диванчи Шамиль БахIандовасухъег
Диваналъул данделъиялдаса хадуб гьадин бицана ЭР-ялъе ГIадилгерей ГIумаровас.
ГIадилгерей ГIумаров: «Дида кколеб буго цIех-рех гьабулеб мехалдаго гьарулел рукIарал гIадал хIаял гьаризе байбихьулеб бугин гьаниб гьанже, къанунги хвезабун. Гьале гьабсагIат дир адвокат ана диванчиясухъе нижер хитIабалъе кьезе кколеб жаваб нахъе босизе. Кьолеб гьечIин абулеб буго гьес. Жибго диванги батIияб куцалда гьабуна диванчияс. Гьев вачIана жаниве ва гIодов чIана. ВачIинеги вачIун, гьадинабги гьадинабги хIукму яги хитIаб гьабулеб бугин лъазеги гьабун байбихьизе ккеларищ дос?».
Гьединго диваналъул тIоцебесеб данделъиялда адвокат ГIадилгерей ГIумаровас суал лъун букIана ШугIайбовасде гIунтIизабулеб цогиги гIайиб тIаса бахъизе кколилан. Гьеб ккола «Черновик» газеталъул бетIергьан ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайиб. ЦIех-рехчагIазух
ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, ГIабдулмаликида речIчIун буго ШугIайбовас, такъсир гьабураб бакIалде ШугIайбов вачун вуго ГIабдурахIманова