Гъизляралде вачIинчIо росдал магIишаталъул министерлъиялъ коньяк гьабулеб заводалде нухмалъулевлъун тIамурав ШугIайбов Шамиль. Гьев ккола гьанжелъагIан гьеб министерлъиялда хIалтIулев вукIарав чи. Амма вачIаниги гьев заводалде виччаларин абун заводалъул кIалтIе ракIарун чIун рукIана заводалъул хIалтIухъабиги, гIадатиял гIадамалги – кинавниги лъабнусидаса цIикIкIарав чи.
ЭР-ялъе гьез бицана жал хас гьабун ШугIайбовасда, яги цогидасда данде чIун гьечIин. Жидее къваригIун бугин гьабсагIаталда гьенив вугев Дружинин абулев директор цIунизе. ТIадежоялъе гьев жеги хIалтIулевги вугин, нахъе ине гьес хъвараб кинабгIаги гIарзаги гьечIин. Исана 6 сон тIубана гьев гьеб заводалъул директорлъун вугелдаса.
Чанго къоялъин абуни Ключанов абурав гъизляралъулав толев вукIун вуго гьенив. ГIадамаз гьеб мехалдаги гьабго ахIи-хIур бахъинабун буго. Гьев цеве Гъизляралъул чед бежулеб заводалъул директорлъун вукIун вуго.
17 апрелалда ШугIайбов Гъизляралде щай вачIинчIевани лъалеб гьечIо. ГIадамал данде чIун рукIин рагIун вачIун ватиларин кколеб буго цо-цоязда. Щайин абуни итни къоялъ, 14 апрелалда, Ключанов тезе рачIарал гIадамалги нахъе ун руго гьеб дандечIей бихьигун. Гьеб къоялъ Гъизляралде рачIун рукIун руго Ключановги, ШугIайбовги, гьединго росдал магIишаталъул министр БатIаловги. ТечIого гIолел ратичIони, генералияв директорлъун Дружининги тун, гьесдаса хадусел чагIилъун тейин ШугIайбовги, Ключановги, цойги бокьарав чигиян чIун Гъизляралъул гIадамал.
ЭР-ялъе гьадин бицана Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалъул инженер ГIалиев ХIажица гьеб суалалда тIасан.
ГIалиев ХIажи: «Ниж батIаго ШугIайбовасда дандечIун гьечIо. Нижерго директорасда хадур руго. ГIадамазул 95 проценталъул буго гьединаб пикру. Россиялдаго бугеб цохIо завод кколаха гьеб, къиматаб маркаялъул коньяк биччалеб».
ЭР: «Халкъияб Мажлисалда республикаялъул нухмалъулес абун букIана жиндие къваригIун бугин завод цIунизе. Гьениб коньяк чорокаб спиртги жубан гьабулеб букIун бугилан».
ГIалиев ХIажи: «ГIенеккея, гьеле гьеб мехалъ Москваялдаса халгьабизе рачIарал чагIи жегиги руго гьанир – экономикиял такъсиразда данде къеркьолеб бутIаялъул хIалтIухъаби. Гьез абуна 2011 соналъул коньякалда гъорлъ кинабгIаги чорокаб спирт батичIилан. Ревизия жеги лъугIун гьечIо… Халкъалъе батIияв чи вокьун гьечIо».
ЭР: «Директорлъун нужеда лъалев чи къваригIун вуго, уйищ?»
ГIалиев ХIажи: «У, лъаларев чиги вугелъул, гьедин батилаха дол цоязда дандечIей гьабулеб бугеб. Ключанов лъала нижеда, гьанив чед бежулеб бакIалъул нухмалъулев вукIана. ШугIайбов лъаларев, МахIачхъалаялдас
Гъизляралъул коньяк гьабулеб заводалде нухмалъулевлъун бечедаб хIалбихьи бугев МухIамад СагIадулаев витIулев вугилан лъазабун букIана республикаялъул нухмалъулев Рамазан ГIабдулатIиповас
Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул сессиялда Рамазан ГIабдулатIиповас абуна МахIачхъалаялдас
Гьесулго рагIабазда рекъон, 1 млрд 400 млн гъурщиде чорокаб спиртги босун, гьелъул коньяк гьабулеб букIун буго гьениб.
Гьединго гьеб заводалдаса магъалабазул 300 млн гъурущ щун гьечIо республикаялъул бюджеталъе. Млрд гъурщил налъиги буго гьелда тIад.