Жанубияб Кореялъул балагьулев вуго 287 чи

Жанубияб Кореялъул рагIаллъабазда бурум гъанкъиялъул хIасилалда ичIго чи лъазавун вуго хваравлъун. ХутIараб 287 чи рикIкIунев вуго араб бакI лъачIого виларавлъун. Хвасар гьавун вуго 179 чи.
МухIкан гьарурал баяназда рекъон 475 чи тIад вукIараб бурум гъанкъун буго арбагI къоялъул радал. Гьезулги 325 яв вукIун вуго Чеджу абулеб чIинкIиллъи бихьизе унел рукIарал цо мактабалъул цIалдохъаби.
Щай гьеб гъанкъарабали лъалеб гьечIо. Гьеб балагьизе квал-квал гьабулеб буго гьава-бакъ квешлъиялъ.