Евроцолъи гIатIид гьабиялъул суалазда сверун идараялъул нухмалъулев
Штефан Фюлеца лъазабуна Евроцолъиялъ Россиялде данде санкциял гIатIид гьаризе рес бугин, гьебги Украиналда ахIвал-хIал хIалуцинабиялъул хIалтIи Москваялъ халат бахъинабуниян.
АрбагI къоялда Страсбургалда Европарламенталъул данделъиялда гьес тIадчIей гьабулеб букIана Украиналъул машрикъалъул рахъалда яргъидгIуцIарал къукъаби махшалида хIалтIулел ругеб куц бихьун дагьаб цебе Крымалда букIараб ракIалде щолеб букIиналде.
Украина газалдалъун хьезабиялъул суалалда тIасан Россиялъул президент Владимир Путиница Евроцолъиялъул 18 улкаялде битIараб къагътие жидеца цадахъаб жаваб кьезе бугинги абуна Фюлеца.
Штефан Фюлеца гьединго лъазабуна Еврокомиссиялъ Гуржиялъул, Молдовалъул ва Украиналъул хIукуматазул вакилзаби ахIулел ругин маялда Брюсселалде «машрикъалъул партнерлъи» абулеб программаялъул гIурхъабалъ тIобитIулеб данделъиялда гIахьаллъизейин.