Щуго чи чlван Махlачхъалаялда аскlоб тlобитlараб хасаб операциялда

Щуго чи чlван вуго талат къоялда Махlачхъалаялда аскlоб тlобитlараб хасаб операциялъул хlасилалда. Гьезул лъагояв щивали лъан бугин абулеб буго низам цlунулез.
Гьел кколел руго 24 сон барав Гlалиев Ризванги гьесул кlиго вайгlал Сулеймановал Шахрудинги Русланги.

МахIачхъалаялда гъоркьехун ахихъабазул «Пальмира» абулеб мухъалда къо къалъилалде гьениб сверун ккун букIана кIиго мина. Гьедин лъазабулеб букlана Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялдаса чагIаз. Рехсараб министерлъиялъул цоги цIар рехсечIев хIалтIухъанасул баяназда рекъон, сверун ккураб рукъалда жаниб цояв живго жинцаго чIванги вуго.

Талат къоялъул радал гьеб мухъалда рукъ-рукъккун хал гьабулеб букIун буго низам цIунулез ва гьеб хIалтIул хIасилалда цо рукъ сверун ккун буго. Низам цIунулез лъазабулеб букIана гьеб рокъор жанир изну гьечIого яргъидгIуцIарал ругин ва кверде рачIаян гьелгун кIалъа-ралъаял гьарулел ругин.

«Трисанчинская абулеб къотIноб къалъилалде кIиго рукъ сверун ккун букIана. Щаклъи буго гьенир яргъидгIуцIарал рахчун ратиялда. РакIалде кколеб буго цо рокъов гьезул кумекчи вугин»,- гьедин бицун буго Эркенлъи Радиоялъул мухбиралъе республикаялъул жанисел ишазул министерлъиялда.