Афгъанистаналъул рищиязда гьаб къоялде лидерлъун кколев вуго ГIабдулла ГIабдулла

Афгъанистаналъул къватIисел ишазул министрлъун вукIарав ГIабдулла ГIабдулла гьаб заманлде гьаркьазул къадаралъул рахъалдаса кколев вуго лидерлъун президентасул рищиязда.

Лъиданиги бачIеб рищиязул комиссиялъ гьатIан къоялда лъазабуна, улкаялъул 34 гъорлъан 26 провинциялдаса рачIарал бюллетаназул рикIкIараб I0 проценталъ бихьизабулеб бугин, гьесие 42 гIанаб процент щолеб букIин. Гьесда хадув унев вуго финансазул министрлъун вукIарав Ашраф Гани, гьесие щолеб рагIула 37 - ялдаса цIикIкун процент. Лъабабилеб бакIалда вуго къватIисел ишазул идараялъул бетIерлъун вукIарав Залмай Расул – анцIго гIанаб процент.

Рищиязул комиссиялъул бетIер Юсуф Нуристаница кIвар буссинабуна гьел цереккунисел, бюллетназул бутIа рикIкIун загьир гьарурал, хIасилал кколел рукIиналде ва хадур гьел хиссизе рес букIиналде.

Афгъанистаналъул бетIерасул рищиял тIоритIана 5 апрелалда. Гьелда гIахьаллъун вуго анкьго миллионалдаса цIикIкIун гражданав. Гьаркьал кьеялъул ихтияр бугев чиясул къадар улкаялда буго 12 миллион. Гьел рищиял тIоритIизе риччазе гьечIин лъазабун букIана талибаз.