"Къуваталде лъугьана" Крымалъул конституция

12 апрелалда «официалияб куцалда къуваталде лъугьараблъун» рикIкIуна Крымалъул конституция – Крымалъул парламенталъул официалияб газетаялда къватIибе кьун хадуб. Крымалъул Пачалихъияб Шураялъул нухмалъулев Владимир Константиновасул рагIабазда рекъон, "Конституциялъ Крым Украиналъул бищунго ихтиярал дагьаб автономиялдаса Россиялъул Федерациялъул ихтиярал бащадаб субъекталде буссинабуна. Гьедин лъазабулеб буго Россиялъул информалатаз Крымалъул тIалъиялда мугъчIвайги гьабулаго.
РБК-ялъ лъазабулеб буго, аслияб къануналъул тексталдасан баянлъулеб бугин «инсанасул ихтияралги эркенлъабиги бищунго кIудияб хазина букIинги», Крымалъул Республика «социалияб пачалихъ» букIингиян. Крымалъул аслиял мацIаллъун лъазарун руго гIурус, украин ва крымтатаразул мацIал.
Гьеб документалда рекъон, «кинаб букIаниги дин ва идеология бегьуларо гьениб пачалихъияблъун яги хадур рилъине тIадаблъун» лъазабизе.
Крымалъул тахшагьарлъун хутIулеб буго Симферополь.
Крым Россиялде гъорлъе бачиналде-аннексияйин-абула халкъаздагьоркьосеб жамгIияталъ. Ахирал анкьазда Москваялъ билъанхъизабулеб политикаялъ рачун руго Россиягун Украиналъул гьоркьорлъаби хвеялде ва Россия халкъаздагьоркьосеб изоляциялде ккеялде.