Донецкалъул шахтаялда кьвагьи

Анкьго чи чIван ва цо чи лъукъун вуго рузман къоялъ Донецкалда бугеб ганчIил тIорччол магIданалда бахъараб кьвагьиялъул хIасилалда.

Кьвагьун буго газалъулгун гьавадул гъуба-жубараб жо.

Гьадин лъазабуна Интерфакс-Украина агентлъиялъ.

Украиналъул тIабигIаталъухъ хал щал гьабулеб пачалихъияб идараялъул баяналда рекъон гIаммаб къадаралда шахтаялда вукIана 78 чи.

Гьеб магIданалда унеб букIараб хIалтIи гъоркьоса къотIун буго.