АхIмадилов чIваялда щаклъи бугезе диван гьабулеб буго

10 апрелалда МахIачхъалаялда байбихьана «Сугъралъ» газеталъул вукIарав бетIерав редактор ва «ХIакъикъат» газеталъул вукIарав жавабияв секретарь ГIабдулмалик АхIмадилов чIваялда щаклъи бугезе диван гьабизе.
Гьелъул гIайиб гIунтIизабулеб буго гьесул росуцоял Мурад ШугIайбовасдегун ГIиса ГIабдурахIмановасде.

ЦIех-рехалъул баяназда рекъон, ГIабдулмаликида речIчIун буго ШугIайбовас, такъсир гьабураб бакIалде ШугIайбов вачун вуго ГIабдурахIмановас. Амма гьел кIиязго ва гьезул гIагарлъиялъ гьелдаса инкар гьабулеб буго. ГIабдулмалик АхIмадиловасул рахъалдаса чагIазин абуни гьел рикIкIунел руго гIайибияллъун.

«ЭР»-гун букIараб гара-чIвариялда ГIабдулмаликил эмен ТIалхIат АхIмадиловас абуна жидее бищунго кIвар бугин гьеб такъсир гьабизе тIадкъай кьурав чиясул.

ТIалхIат АхIмадилов: «Гьезда лъала гьев щивали, амма бицунеб гьечIо. ШугIайбовазда лъала, АбихIасановазда лъала, ГIумаровасда (адвокат – ред.) лъала, ГIисада (ГIабдурахIмановасда) лъала…

Нижеда, гьединго Маликида лъалел чагIицин рукIинчIо гьел ШугIайбовал. Гьабун батаниги, батичIониги, гьев ШугIайбов вуго такъсир гьабурав чи, нижее къваригIун вуго гьелъие т1адкъай кьуарв чи лъазе.

БатIи-батIиял чагIаздасан, батIи-батIиял къагIидабаздалъун гьезул чагIаз нижеда бичIчIизабулеб буго гьел васал къватIире рахъизе нужеца кумек гьабуни, жидеца бицинин гьев заказчик щивалиян.

Гьеб чIвай-хъвей ккелалде лъагIелалъ цебе доз ГIабдулмалик разборкабазде ахIулев вукIун вуго. Гьес абун буго редакциялде рачIайин къаси сагIат анлъго-анкьгоялдаса хадуб. Амма дол рачIун гьечIо, гьез ахIаралъуве ГIабдулмаликги ун гьечIо.

Дида дандбалеб жо гIемер букIунароан гьесул. ЧIвалалде кIиго къоялъ цеве хъизангун цадахъ эхеде вачIун вукIана ГIабдулмалик. Унеб мехалда эбелалда гьикъун буго гьес жив хвани, кивин вукъизе вугев. Гьесда лъалеб букIун бугоха ккезехъин бугеб жо. Гьанже гьел чагIазе къваригIун бугоха гьеб жо букIинчIин чIезабизе».

ГIабдулмалик АхIмадиловас бицунаан жидер росулъ ахIвал-хIал хIалуцун букIиналъул. Бечедал цо-цо чагIазе къваригIун бугин росулъ гьабулеб нухмалъи жидер кверщаликье бачинеян абулаан гьес. ГIолохъабийин абуни гьелда рази гьечIила.

АхIмадиловазул рахъалдаса чагIазул пикруялда рекъон, ШугIайбовги цогидалги руго гьел чагIазул тIадкъаялдалъун хIалтIарал чагIи.

Амма ШугIайбовасул гIагарлъиялъ судалда цереги данделъидалги, митингаздаги, цогидалъубги цо кIалдисан гIадин лъазабулеб буго росуцояз мацIги гьабун рещтIанин жидер васасде гьеб балагьилан.

Щайин абуни гьев разилъичIин цогидал гIадин цо хасал чагIазе хIелхIедизе. Гьел чагIи жинда хадур чIун ругилан гьес цебего лъазабун букIанин жидеда.

Мурад ШугIайбовасда цадахъго гьеб хIужаялъулъ рехсолев вукIана Богатыревка росдал администрациялъул бетIер МухIамад Хазамовги. Гьевги вуго цIех-рехалде кьун. Амма цо-цо баяназда рекъон, гьес ФСБялде гIарза хъван буго жив цIех-рехалда гьоркьоса нахъе вахъейин, цинги кьелин жинца бокьараб суалалъе жаваб.

Низам цIунулез цIех-рехалде кьун вукIана Мурад ШугIайбовасул вац Руслан ШугIайбовги.

Гьанже вахъун вуго гьеб сияхIалдаса. Гьезул эмен Пахрудин ШугIайбовас рикIкIунеб буго цIех-рехчияс квешезего кьунин гьев цIех-рехалъул сияхIалде.

Пахрудин ШугIайбов: «Вук1ана гьев Русланги ц1ех-рехалда. Щибаб нухалда ун полициялдегун абулаан гьес вахъейин жив гьеб сиях1алдаса. Вахъанин абулаан доз. Амма гьев вугелъувго тун ватулаан».

ГIабдулмалик чIваялъе мукIурлъун вугин Мурад ШугIайбовин абурал харбал рукIана цо заманалда.

МухIамадтIагьир Вагьабов (ШугIайбовазул гIагарав чи): «Гьедин батани, лъагIалица жанив кквечIого цебего щайха гьеб иш диваналде битIичIеб? Диваналъ х1укму къот1изег1ан чIезе ккола чиясда бугьтанал лъезе. МукIурлъизаризе тIамулел приемалги ругоха гъозул батIи-батIиял».

ГIадилгерей Г1умаров: «КIал чIинтIараб гъоцIоца рахъун, тIасияб рахъалда тIубан цаби хутIун гьечIо ШугIайбовасда».

Адвокатас ШугIайбов гIайибияв гьечIин, ялъуни вугин абулеб рагIичIо. Амма щибаб гара-чIвариялда гьес бицуна жанив тIамурасе гIакъуба кьолеб ва цIех-рехалъ гIунгутIаби риччан рукIиналъул хIакъалъулъ.

Гьел киналго данде росун гьеб къоялъ судиясухъе кьуна гьес жиндирго ходатайствоги. Гьелъул хал гьабизегIан I8 апрелалде щвезегIан нахъбахъана судги.

ГIадилгерей ГIумаровас гьениб хъван буго цIех-рехалъул даптаразда гьоркьоса камураб 18 батIияб суравалъул, гьереси бицунеблъи тIатинабулеб детекторалъ кьураб кIиго батIияб баяналъул (цин гьелъ бихьизабун бугила ШугIайбовас ГIабдулмаликида цо нухалъ речIчIанин, хадусеб нухалда абулеб бугила кIиго нухалда речIчIанилан).

ШугIайбовасде гIунтIизабулеб букIана «Черновик» газеталъул бетIергьан ХIажимурад Камалов чIваялъул гIайибги. ЦIех-рехчагIазухъе щун гьечIо гьелъие гIурал далилал. Гьединлъидал гьесдаса гьеб гIайиб тIаса босулеб гIадаб къагIида буго (судалда букIараб хабаралда рекъон).