Украиналъул хъулухъчагIазде данде санкциял

Евроцолъиялъул къватIисел ишазул министрабаз гьаб анкьил ахиралда гIатIилъизабизе буго санкциязда гъоркье ккарал Украиналъул хъулухъчагIазул сияхI.

Гьел гIайибияллъун рикIкIула бюджеталъул гIарац батIиял мурадазда хвезабиялда бан.

Гьадинаб хIукму гьабизехъин буго Люксембургалда 14 апрелалда тIобитIизесеб Евроцолъиялъул къватIисел ишазул министрабазул данделъиялда.

Гьеб сияхIалде гъорлъе журан руго тIаса рехарав президент Виктор Януковичги гьесул кIиго васги.