Украиналъул президентасул ишал тIуразарулев Александр Турчиновас рикIкIунеб буго улкаялъул машрикъалъул рахъалда протестал гьарулел ругел Россиялдехун цIайи цIикIкIарал активистазе такъсир гьабунилан хадуб чIеялдаса амнистия лъазабуни лъикIаб букIине бугин.
Россиялдехун цIайи цIикIкIарал активистаз пачалихъиял минаби кверде росун ва ккун рукIана улкаялъул машрикъалъул рахъалда ругел Луганск ва Донецк шагьаразда 6 апрелдаса нахъе.
Донецкалда 7 апрелалдаса нахъе протестчагIаз лъазабун буго лъидаго бачIеб «халкъияб пачалихъ», ккун буго гьеб мухъалъул администрациялъул мина ва гьеб сверун ран руго кIудиял баррикадаби.
ТIадегIанаб Радаялъул депутатазде 10 апрелалда президентасул ишал тIуразарулев Александр Турчиновас абуна гьел акциячагIаз ярагъги гIодоб лъуни ва кверде росарал минабиги эркен гьаруни, гьезда сверун такъсир гьабиялъул ишал рагьизе ва гьел жавабчилъиялде цIазе гьечIин.
Александр Турчинов: «Нилъеца къабул гьаризе кколаро аднистиялда хурхун кинал рукIаниги къанунал. Нижеца гарантия кьолеб буго ярагъ гIодоб лъураб ва пачалихъиял минабаздаса къватIире лъугьарал чагIазда хадуб кинаб букIаниги халкквей чIезабизе гьечIин. Дица гарантия кьолеб буго гьел рагIаби президентасул амру хIисабалда къачIазе. Дица рикIкIуна улкаялда парахалъиялъул ваа лъикIал гьоркьорлъабазул кIвар политикиял амбицияздаса ва политикияб дандечIеялдаса кIудияб бугин. Донецкалда ва Луганскалда пачалихъиял минаби кверде росу ругел гIадамазул аслияб проблема буго гьел Украиналъул тушбабаз жидерго мурадал тIуразе хIалтIизарулел рукIин».
Жив хIадурав вугин гьелда сверун президентасул амруялда гъоркь гъулбас жакъаго гьабизейин абуна Турчиновас.
Турчиновас протестчагIазе цIикIкIун автономия кьеялъул суалги букIана борхулеб гьеб данделъиялда.
Александр Турчинов: «Ниж хIадурал руго гьабсагIатго регионалияб автономиялъул суал дандбазе. Ниж хIадурал руго регионалиял Радабазул ихтиярал гIатIид гьаризеги. Гьелдаго гьоркьоб бакIалъул хъулухъчагIи жидецаго тезе ихтияр кьезеги. Гьеб буго позитивияб процессс. Гьелъ рес кьезе буго Украиналда кколеб бугелъул жаваб цохIо Киевалда бугеб нухмалъиялъ гуребги гьез жидецагоги кьезе».
Киевалъул тIалъиялъ ва гьезул рахъ кколез гIурусалъ кIалъалеб халкъ цIикIкIун бугеб Украиналъул машрикъалъул рахъалда гIадлу-биххиял гьариялъул гIайиб рехулеб буго, гьезул пикруялда, дагьабги цIикIкIун территория жиндиего тIезабизе бокьараб Россиялде.
Донецкалда административияб мина кверде босаразул цояв Денис Пушилиница абуна 9 апрелалда Донецкалда кьураб пресс-конференциялда улкаялда кколеб бугебщиналъул гIайиб Киевалда бугин.
Денис Пушилин: «Киевалъ бикь-бикьизабуна улка. Гьелъ гIуцIана федерализация гьабизе кколеб яги цоги кинал рукIаниги шартIал рихьизаричIого рагIалде бахъунареб ситуация. Щай? Щайгурелъул жакъа гьечIо улкаялъул машрикъалъул ва магърибалъул рахъазе дандекколев президент вищизе рес. Гьебги буго Киевалъ ноябрь моцIалдаса нахъе гьабураб жоялъул хIасил».
Гьебго заманаялда Европаялъул Шураялъул Парламентияб ассамблеялъ хIукму гьабун буго исана сон лъугIизегIан Россиялъул делегациялъе кIалъазе рагIи кьунгутIизе ва гьеб идараялъул цоги къукъабазул хIалтIулъ гIалъаллъизеги гьеб тунгутIизе.
Гьеб идараялда Россиялъул делегациялъул бетIер Алексей Пушковас лъазабуна гьеб хIукмуялда разилъи гьечIолъи загьир гьабун жидер делегация сессиялдаса нахъе унеб бугин.