HRW идараялъ тIалаб гьабулеб буго Кутаев хвасар гьави

Human Rights Watch абулеб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб идараялъ тIалаб гьабулеб буго «Кавказ халкъазул Ассамблеялъул» бетIер Руслан Кутаев кватIичIого хвасар гьави ва гIадамазе гIазаб-гIакъуба кьеялда хурхун гьес хъварал гIарзабазул мухIканаб цIех-рех гьаби.

Руслан Кутаев ккун вугоан исана 20 февралялда Гехи росулъ гьес Чачан республикаялъул бетIер Къадыров Рамзан какун хадув.

Гьесда чIвараб гIайиб – наркотикал цIуни.

Кутаевас Къадыров какана «Чачан халкъалъул депортация» абулеб цIаралда гъоркь тIобитIараб конференциялда.

Депортациялъул къо ракIалде щвезабизе Къадыровас гьукъана.

Гьадинаб каки гьабиялъухъ жиндие ток кьабун, гIакъуба кьун букIанин, абулеб буго Кутаевас ва гьеб хIехьезе кколарого жинца гьересияб гIайибалъе мукIурлъанин.