ХутIиладай Россия Парламенталъул Ассамблеялда

Европаялъул Шураялъул парламенталъул Ассамблеялдаса Россиялъул вакилзаби нахъе гьаризе бегьиялъул суалалда сверухъ чанго батIиял пикраби загьир гьарулел руго Россиялда. Пачалихъияб Думаялъ тIоцебесеб апрелалдаго къабул гьабун букIана лъазаби гьеб суалалда бан.
Европаялъул Шураялъул парламенталъул ассамблеялда Россиялъул вакилзабазул бетIер Алексей Пушковас лъазабун буго нагагь парламенталъул Ассамблеялдасан Россия нахъе гьабиялъул суал гьоркьоб лъолеб бугони, Россиялъул вакилзабазул къокъа, тIадеги рахъун данделъиялдаса нахъе ине бугин абун.

Амма Алексей Пушковасул лъазабиялдаса гIажаиблъи загьир гьабулеб буго ПАСЕялъул генералияв секретарь Войцех Савицкияс Эркенлъи радиоялъе кьураб интервьюялда.

«Цо-цоязе бокьаниги бокьичIониги гьеб суал борхизе буго ассамблеялъул данделъиялда. Гьеб буго гIадатияб регламент. Парламенталде бачIун буго гIарза. Гьелда тIасан кIалъа-ралъаял тIоритIичIого нижее рес букIунаро» - ян абулеб буго генералияв секретарас.

Россииялъул рахъалъ гьединго лъазабулеб буго Европаялъул Шураялъул парламенталъул ассамблеялда гьоркьосан Россиялъул вакилзаби нахъе гьарулел ругони, Россиялда чIвазе къотIиялъул къануналда лъун букIараб мораторий бахъизе бегьиялъул хIакъалъулъ.

ЧIвазе къотIиялъул къануналда Россиялда мораторий лъун букIана Парламенталъул ассамблеягун цадахъ рекъон хIалтIулеб заманаялъ.

Гьеб гьоркьоблъи къотIизе тIани къотIиялъул къуват хвезе бугин лъазабун буго «Эхо Москвы» радиоялъе Россиялъул Федерациялъул шураялъул гIахьалчи Игорь Морозовас.

Хадубккун «Независимая газетаялъе» Игорь Морозовас абун буго чIвазе къотIиялде мораторий Россиялъ жиндиего гIоло лъун букIанин.

Жиндир лъазаби кколин бакътIерхьул улкабазе гьабураб лъазабилъунин абун.

Игор Морозовасул лъазабиялда тIад рекъон йиго Россиялъул омбудсмен Элла Памфиловаги. Гьелъул «Коммерсант» газетаялъе гьабураб лъазабиялда абулеб буго Европаялъул Шураялъул парламенталъул ассамблеялда гьоркьоса Россия бахъичIого хутIизелъун гьабулеб ракIалде щвезаби букIанин гьебин абун.

ПАСЕялъул гIахьалчилъиялдаса Россия нахъе гьабуни гьеб, я россиялъе, я жибго Европаялъе пайда кьолеб иш гурин рикIкIунеб буго инсанасул ихтиярал цIунулев Сергей Пашиница.

«КигIан кIваниги дипломатияб къагIидаялъ хIаракат бахъизе кола Парламенталъул ассамблеялда гьоркьор хутIизе. Амма нахъе гьарун гурони теларин лъугьани Россиялъул изну буго данделъиялдаса тIадеги рахъун нахъе инее» - ян абулеб буго инсанасул ихтиярал цIунулез.

Бищунго цебегосеб инсанасул ихтиярал цIуниялдасда тIасан идара Москваялъул Хельсинкиялъул къокъаялъул нухмалъулей Алексеева Людмилаца лъазабун буго гьадин:

«Дие бокьилароан Россия нахъе гьабизе парламенталъул ассаблеялда гьоркьосан. Дие бокьун гьечIо Россия ккезе рухIанияб,политикияб ва экономикияб сангаралде нахъе. Дида бичIула цогидал улкабазул разилъи гьечIолъи россиялъул тIадтараздасан. Амма бокьилаан кинабго лъикI лъугIизе».

Human Rights Watch идараялъул цеехъан Татьяна Локшинаца рикIкIунеб буго Россиялъе чара гьечIого хIажат бугин Европаялъул Шураялда гьоркьоб хутIизе. Россиялдасаги Европаялъеги хIажат бугин. Щай гурелъул Россия Европаялъул бутIа кколеб букIун.

Татьяна Локшинал рагIабазда рекъон Парламенталъул ассамблеялъул гьаб сессиялда цIакъ хIалуцараб хIал буго.

Хас гьабун Россиялъул суал гьоркьоб лъезе кколеб букIиналда бан. ХутIизе бугищ Россия Парламенталъул ассамблеялъул гIахьалчилъунали лъазе кола арбагI къоялъ тIобитIулеб данделъиялда.