Гьанже - «Донецкалъул республикаги»

Россиялдехун руссарал гIадамаз Украиналда рорхизарулел руго Совет Союзалъул байрахъал

Украиналъул цо-цо шагьаразда Россиялдехун руссарал гражданаз сверун ккуна административиял минаби.

Нижер радиоялъул мухбирзабаз лъазабухъе Донецкалда цо къукъаялъ пуланаб «Донецкалъул халкъияб республика» лъазабунин.

Украиналъул тIадтараз Россиялъул президент Владимир Путиниде гIунтIизабуна сепаратизм бижизабиялъул ва гьелда хурхараб низхам-биххизабиялъул гIайиб.