Афгъанистаналъул президентасул рищиязе лъикIаб къимат кьолеб буго

Афгъанистаналъул президентасул рищиял тIоритIана гIуралъ ракълилаб къагIидаялда, талибаз гьезие квал-квал гьабиялъул хIинкъиял кьолел рукIаниги.

Улкаялъул президент ХIамид Карзайицаги Магърибалъул лидеразги лъикIаб къимат кьуна гьаркьал кьей тобитIиялъул къагIидаялъе.

Цолъарал Штатазул президент Барака Обмаца лъазабуна гьеб кколин улкаялъул къисмат жиндихъего кодобе босулеб ва демократиялде нух бахъулеб Афгъанистаналъул иргадулаб галиян.

Британиялъул къватIисел ишазул министр Уильям Хейгица лъазабуна, гьел рищиял кколин Афгъанистаналъул халкъалъул кIудияб бергьенлъиян.

НАТОялъул генералияв секретарь Андерс Фог Расмуссеница беццана рищарухъабазул энтузиазм ва Афгъанистаналъулд хIинкъигьечIолъиялъул къуватазул лъикIаб хIалтIуе.

Цереккунисел хIасилаз бихьизабуна, цIияв президентасе вищулаго гьаркьал кьезе рищарухъабазул гIага-шагарго 58 процент бачIун букIин.

Цо кандидатас гIарз гьабун буго цо-цо бакIазда бюллетенал гIунгутIиялъе гIоло, цо-цоязул гьаркьал кьезе рес букIинчIин.

Цогидас лъазабуна, хIужжаби рукIанин макру-хIилла гьабиялъулин ва гьелъие гIоло жиндие щвечIого хутIанин гIемер гьаркьалин. Гьаркьал рикIкIи гьанжеги лъугIун гьечIо.

Официалиял хIасилал лъазаризе руго чанго къоялдаса.