Молдовалъул гражданазул визаби къваригIунареб режим гIуцIиялъул официалияб хIукму къабул гьабуна Европарламенталъ. Молдовалъул биометриял паспортал ругел гражданазе Шенгеналъул зонаялде нух рагьараб буго 28 апрелалдаса. Гьединаб хIукмуялда гъоркь жиндирго гъулбас лъун буго Европарламенталъул бетIер Мартин Шульцица.