Виктор Янукович: "Дица Крым Украиналдаса батIа гьабизе тезе букIинчIо."

АрбагI къоялда Associated Press агентлъиялъе Ростовалда интервью кьолаго, Виктор Януковичица лъазабуна, Украиналдаса Крым батIа гьабиялъул гIайиб бугин гьанже Киевалда бугеб нухмалъиялъулин.

Гьелдаго цадахъ гьес абулеб буго Россиялъ Крым бахъи «трагедия кколин ва жинца гьеб биччазе букIинчIин». Интервьюялъул чIагояб эфир букIун буго «Дождь» каналда ва цогидал информалатазда.