Лавров- Керри кlалъа-ралъаял Парижалда

Украиналда бугеб ахIвал-хIал гьоркьоб лъураб данделъи тIобитIизе буго гьатIан къоялда Парижалда Америкаялъулги Россиялъулги къватIисеб политикаялда сверун идарабазул бутIрул Джон Керрица ва Сергей Лавровас.
Гьелдаса цебесеб къоялъ гьел цоцазда телефоналдасан кIалъан рукIана ва гьелдаса хадуб лъазабун букIана гьел Франциялда дандчIвазе ругин. Гьенив Лавровгун дандчIвазелъун Керрица хисизабун буго СагIудиязул ГIарабиялдаса Вашингтоналде жиндир авиалайнералъ босун букIараб нух.
Шамат къоялда Лавровас Россиялъул телевидениялдасан абун букIана Украиналде аскарал ритIизе ракIалда гьечIин Москваялдайин. Гьес гьенибго абуна жидеца Украиналда гIурусазул ва гIурус мацI бицунеб халкъалъул ихтиярал щиб гьабунги цIунизе ругин.
Рузман къоялда Россиялъул президент Владимир Путиница ахIун букIана Америкаялъул президент Барак Обамахъе Украинаялда бугеб кризис дандбазе. ХъахIаб Рукъалъул пресс-хъулухъалъ лъазабулеб буго Обамаца Путин ахIулев вукIанин Украиналъул гъорхъодаса аскарал нахъе рачине ва гьеб улкаялда кризис рагIалде бахъинабизелъун Америкаялъ гьарурал церелъеязе кагътида хъвараб жаваб кьезе.