Крымтатаразул къисмат

Крымтатаразул курултай (мажлис), 2014 соналъул 29 март, Бахчисарай.

Россиялда гьукъараб ХIизб-ут Тахрир гIуцIи Украиналда гьукъун букIинчIо гьанжелъизегIан. Крымалъул аннексия Россиялъ гьабун хадусала гьеб гIуцIиялъул хIаракатчилъиялъе гIурхъи тIамизе буго, ян лъазабулеб буго цIияб тIалъиялъ. Хасаб къанун жеги къабул гьабун гьечIониги, ХIизб-ут Тахриралъул вакилзабазде тIадецуй гьабизе байбихьана гьениб.
Россиялъ Крым бахъун хадусала гьениб гьумру гьабулел татаразе цIияб хIинкъи щолеб бугин, гьаб нухалъ – юридикияб. Гьезие экстремизмалъул гIайиб гIунтIизапбимзе бегьула, ян лъазабулеб буго гьабсагIат Крымалда вугев нижер радиоялъул мухбирас. Аслияб къагIидаялда гьадинаб гIайиб бусурбабазул хIаракатчагIазде гIунтIизабизе рес бугин.

Бизнесчи Ленур Исламов ккола ATR абулеб Симферополалда хIалтIулеб лъидаго бачIеб телеканалалъул бетIергьан. Рехсараб телеканал какулез абулеб буго гьелъул тележурналистаз Крымалда ахIвал-хIал хIалуцинабулеб бугин ва БагIараб Армия басра гьабулеб бугин.

Мисалалъе бачунеб буго 1944 соналда крымтатарал гIагараб ракьалдаса хIалица гочинариялда хурхун бахъараб фильм. Цогидаз абулеб буго Исламов вугин хиянатчи ва гьеб гуребги – хIатта Аль-КъагIидаялъул балъгояв вакил.

Москваялда гIумру гьабулев татаразул журналист ва блоггер Айдар Муждабаевас нижер мухбирасе интервью кьолаго, абуна, татаразде ва бусурбабазде данде Россиялда ургъараб сценарий хIадураб бугин некIоялдаса лъикIалан.

Айдар Муждабаев: «Гьеб буго киназдаго лъалеб сценарий. Ва гьеб бараб буго Ислам диналда хурхен бугел гIадамазда. Гьадинал хIужаби Татарстаналдаги рукIана. Цо-цо бусурбабазул хIаракатчагIазде гIунтIизарулел рукIана батIи-батIиял экстремистикиял гIуцIабазде хурхен бугел гIайибал.

Гьанже Крымалда цIияб тIалъи баккараб мехалда релъарал гIайибал кватIичIого рагIила. Ай - мун татарав ватани - эксремистлъунги вукIине рес бугин абураб гIайиб».

Муждабаевасул пикруялда Исламовасде гьабулеб тIадецуялъе аслияб гIиллалъун ккола гьесие щвараб икъбал.

Айдар Муждабаев: «Ленур Исламовас ахирисел соназ кIудияб хIаракат бахъана татар мацI цебетIезабизе. Гьелдалъун АТР телеканал Крымалда бищун гIемераб аудитория бугеб каналлъун ккана. Гьелъул программабазухъ татараз гурелги - гIурусазги хал щал гьабулеб буго. Крымалъул тIолго халкъалъ».

Татаразул хIаракатчагIаз абулеб буго прессалъ Исламов каки – гьеб бугин гIатIидаб тенденциялъул цохIого цоцин бутIа.

Татаразул ва гIурусазул жамгIиятазда гьоркьоб рагIирекъонгутIи ва дагIба-къец багъарана 1980 соназул ахиралда депортациялда рукIарал крымтатарал жидерго гIагараб ракьалде тIад руссун хадусала.

Крымалда референдум байбихьизегIан Россиялдехун буссараб бакIалъулаб тIалъиялъ кIудияб гIамал гьабуна татарал жиндир рахъалде цIазе. Гьелъ гъозие рагIи кьун букIана цIияб хIукуматалда татаразул вакилзабазе 20 проценталде бахунел хъулухъал кьезе, татар мацI официялияблъун лъазабизе ва рукIа- рахъиналъул шартIал лъикIлъизаризе. Амма гьелда балагьичIого крымтатараз гьеб референдумалъе бойкот лъазабуна.

Гьанжесеб Крымалъул хIукуматалда цониги крымтатарав гьечIо, вице-премьер РустIам ТемиргIалиев гурони. Амма гьевги ккола Татарстаналъул къавмалъул чилъун. Гьесул инсуца нухмалъи гьабулеб буго Повольжье икълималъул татаразул «Идель» абулеб Ассоцияциялъе. Гьеб Ассоцияциялъ Кремлалъул политика къабул гьабулеб буго.

ATR абулеб телеканалалде гIунтIизарурал гIайибазда гъорлъ бугеб цояблъун ккола Хiизб ут-Тахрир абулеб бусурбабазул гIуцIиялъул вакилзабигун интервью гьаби. Крымалда гьеб гIуцIиялъул гIага-шагарго азарго гIахьалчи вуго батIи-батIиял баяназда рекъон.

Украиналда ХIизб ут-Тахрир гьукъун гьечIо, амма Россиялъул къануналда рекъон гьеб гIуцIи экстремистикияблъун рикIкIунеб буго.

19 марталда интервью кьолаго РустIам ТемиргIалиевас абуна гьанже Крымалдаги ХIизб ут-Тахрир гIуцIиялъул хIаркататчилъиялъе гIурхъи тIамизе бугин амма гьес мухIкан гьабичIо хасго кинаб къагIидаялда гьеб гьабизе бугебали.

Референдум байбихьизегIан кIиго къо хутIараб мехалда Украиналда бугеб ХIизб ут-Тахриралъул бутIаялъ загьирабуна хасаб лъазаби. Гьелда цебеккунго лъазабулеб букIана букIине бегьулеб провокациялъул хIакъалъулъ.

«Нижеда бичIчIула нижеде данде цо-цо провокациониял ищал гьаризе бегьулеблъи. Масала гьурмада маскаби хун щалали лъаларез гIадатиял гIадамазде яги низам цIунулезде гьужумал гьари. Гьелдалъун нижер гIуцIиялде экстремизмалъул гIайиб гIунтIизабизе ва Крымалда Россиялъул аскариял рачIин битIараб ишлъун бихьизабизе рес щвела»

17 марталда Симферопалялда Къураналъул экземплярал рикьиялъухъ ккун вуго крымтатаразул жамгIияв хIаракатчи Иван Селенцов. ГIадлу-низам цIунулез гьесде гIунтIизабуна хулиганлъи гьабиялъул гIайиб. Гьев вачун вукIана СИЗОялде.

Селенцовасул адвокат Эмиль Курбединовас нижер радиоялъул татар-башкир хъулухъалъе интервью кьолаго абуна тIадежоялъеги – гьесда хIатта экстреми змалъул гIайиб чIвазабизе рес бугин.

Эмиль Курбединов: «Лъида лъалеб, референдум тIобитIулеб мехалда цо хасаб буюри букIун батила. Гьес Къураналъул экземплярал рикьулаан. Блокпосталда гьев чIезавуна низам цIунулез ва гьикъана - щайдай дур михъал гьечIилан ва халатаб мегеж бугин абун. Мун вагьабиявищ? Гьелдаса нахъе гьесул машинаги тIагIана бачунеб бакI лъачIого. Нижеда кIоларо гьесул машина батизе»

Цойги хIужа. Татарстаналъул Набережные Челны абулеб шагьаралда гIумру гьабулев Раис Гимадиев ккун вукIана 2012 соналда. Гьесухъа гIакIа бахъун букIана террористикиял гIуцIабазулгун бухьен бугин абураб гIайиб чIван. Сочиялда Олимпиялъул хIаялда цебе гьесул рукъоб чIухь бан букIана. Полициялъулаз гьесул компьютер босун, нахъе кьун гьечIин гьfнжелъагIан.

Раис Гимадиев: «Нагагьлъун Россиялда теракт ккани, тIоцебесеб иргаялда бусурбаби рала-гъалагьулел руго гьел гIайибияллъун рикIкIулаго. Мажгитабахъ ва бусурбабазул рукъзабахъ чIухь бала. Хадуб цо-цо бусурбабазе гьакъуба кьун, гьез гьабичIеб гIайибялъе хIалица мукIурлъизарун, гIайибияллъун лъазарулел руго».

Гимадиевасул пикруялда ATR телеканалалде гьабулеб тIадецуй – унго-унгояб провокация бугин.

Раис Гимадиев: «Крымалда бугеб ахIвал-хIал гьанжелъагIан паракъатаб букIана ва гьадинаблъун хутIулебги буго. Гьениб гIумру гьабулеб буго добго халкъалъ. Гьелъул берьалагьиги хисичIо. Гьелъ добго нух кколеб буго. ГьечIо гьенир конфликталги, гьужумалги. Амма нагагьлъун цо дандлечIей ккани - гьеб Россиялъ багъаризабураб ишлъун рикIкIине бегьула».

Украиналъул гIурхъи цIунулеб хъулухъалъ лъазабулеб буго Россиялъ Крымалъул аннексия гьабун хадусала гьениса азаралда анлънусгогIан крым татарав гочун вугин Украиналъул жанисел регионазде. Аслияб къагIидаялда гьел ругин крымтатарал.

ГIемерисел мухбирзабаз ва политологаз абулеб буго гьелдалъун Россиялъул рахъ ккураб Крымалъул цIияб тIалъиялъ гIамал гьабулеб бугин 16 марталда гьениб тIобитIараб референдумалъе бойкот лъазабурал крым татараздаса къисас босизеин.

Рехсараб референдумалда гIахьаллъичIо гьенир ругел украиниалги, амма гьезде данде ккун Ислам диналъул халкълъун кколеб крымтатаразде бигьаго гIйаибал гIунтIизаризе рес бугин гьел террористаллъун ялъуни экстремисталлъун лъазарун.

Гьадин бигьаго гьезде гIайиб гIунтIизабун букIана 1944 соналдаги, гьез нацистазе квербакъи гьабулеб бугин абун. ГIага-шагарго 200 азарго крымтатарав гIагараб ракьалдаса гочинавун вукIана доб соналда Узбекистаналде. Гьезул цояй Хадидже абулеб чIужу- гIадан. Гьелъул улбузул рукъ нахъе кьолеб гьечIо тIадтараз.

Совет Союз шушаралдаса нахъе анкьумумузул ракьалде тIад руссарал крымтатаразе гьанже цIияб хIинкъи щолеб буго – этникияб чистка абулеб.
Гьезул гIемерисез абулеб буго жидерго рукъзабазул къадазда батIи-батIиял игIланал тIамун ругин – жал татар миллаталъул чагIилъун кколеблъи бихьизабулел.

РустIам Скибин ккола суратал рахъулев устар ва коллекционер. Дагьалъ цеве гьев гочана Киевалде.

Адвокат Надир Бекирица нухмалъи гьабулеб буго Крымалъул кьибилал халкъалъе квербакъи гьабулеб Фондалъе. Гьес абулеб буго 1990 соназдаса байбихьун крымтатараз гьабулеб рукIа-рахъиналъул шартIал хисичIин. Януковичасул Регионазул партиялъ гьезул тIалаб-агъаз гьабулеб букIинчIин. Гьанжейин цIияб хIинкъи щолеб бугин.

Крым татаразул мажлисалъул къватIисел бухьеназул бутIаялъул бетIер ГIали Хамзиница абулеб буго татаразул хьул къотIун гьечIин ва гьезие бокьун бугин Путиница кьурал рагIабазда божизе.

Крымалда референдум байбихьизегIан Россиялъул президент Владимир Путин данделъана крымтатаразул жамгIияв хIаракатчи МустIапа Жамилевгун. Амма Путинил мурад – татарал Россиялъул рахъалдехун цIай – тIубазабичIого хутIана.

Гьелдаса нахъе Жамилев Крымалда лъазавун вукIана персона нон граталъун. Кин дуда кколеб, рукIине ругищ цIиял репрессиял, ян абулеб суалалъе жаваб кьолаго, Жамилевас абуна, депортация гьабизе гьечIониги, этникияб чистка байбихьана ян абизе бегьулин.